Аслияб гьумералде

ЦIияб басма

ЦIияб басма

ЦIияб басма

Устарзабазул калам гьацIудасаги гьуинаб, цIакъ рекIелъе бортулеб ва пайда цIикIкIараб букIуна. Накъшубандиябгун шазалияб тIарикъаталъул устар, кIудияв гIалим КъахIиса ХIасан-афандияс жиндирго вас МухIаммадгIариф-афандиясе хъварал насихIатал ругеб тIехь ккола гIараб мацIалда бахъараб «Талхил магIариф фи таргъиби МухIаммадгIариф» абураб.

 

ХIасан-афандияс гьелъул байбихьудаго хъвалеб буго, гьаб хъваялъе сабаблъун МухIаммадгIариф кканиги, гьаб бугила киналго бусурбабазе ругел насихIатал, хасго гIун бачIунеб гIелалъе абун.

Гьале лъебергоялдасаги цIикIкIун сон буго гьеб тIехь мадрасабазда цIалулеб бугелдаса. Гьелда жанир руго тIарикъаталда хурхарал кIвар цIикIкIарал суалал. Гьединго руго гIун бачIунеб гIелалъе гьезул тIабигIат-гIамал исламалда рекъонккеялъе чарагьечIел гIемерал васияталгун малъа-хъваял. Гьеб тIехь гIиллалъун кканин гIемерав мутагIиласда тIарикъаталъул кIвар бугел суалал ричIчIиялъейин абуни, мекъи ккеларо.

ХIакъикъаталдаги гьеб цIаларасда лъала жиндирго загIиплъиги, гьеб щула гьабиялъе бугеб нухги. Фикъгьигун нахIви ва цогидал гIелмабаз инсанасда жаниб живго жиндаго кIодолъун вихьи бижизабизе бегьула. Амма гьадинал ахлакъазул тIахьал цIалиялъ гьеб кинабго хIур кIутIула нахъе. 

Гьал къоязда Дагъистаналъул муфтияталъул гIелмияб отделалъ басмаялде бахъана «Талхил магIариф фи таргъиби МухIаммадгIариф» абураб тIехьалъул лъабабилеб басма. Печаталда кьабизегIан цебе гьеб букIана квераз умумуз хъвараб чанго батIияб нусхаялда. Гьел киналго дандеги ккун, щибаб бакIалъе мухIканлъиги гьабун биччана къватIибе лъабабилеб басма.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...