Аслияб гьумералде

ЦIалдолезул пикраби

ЦIалдолезул пикраби

Газеталъул ахирисеб номералда кьун букIана «Росу-шагьар бахун къватIире, гIалахалде, рохьал-иццал ругел бакIазде хIухьбахъи гьабизе иналдалъун кинал пайдаби нужее щолел?» - абураб суал. Гьелъие рачIарал жавабал кьолел руго гъоркьехун:

Гьудуллъи цIикIкIиналъ черхалъе лъикIаб асар гьабула.

Пайда гуреб жо гьелдаса щолебищ?

Цолъи, гьуинлъи.

ГIажаибаб эркенлъи, аваданлъи.

Диналъул вацалгун гIодор чIей, ургъел рекIелъа бахъи.

Рохьалгун авлахъал хIайваназеги тун, Россиялъул шагьаразде «Ас-салам» казият щвезабизе рахъа гIолохъаби.

РоцIцIараб лъеда аскIоб гьабураб хIухьбахъи гIадаб жо батичIо свак чучиялъе.

Гьединаб бакIалде жеги инчIо, руччаби рокъорго лъикI.

Гьединал бакIазде рахъиналдалъун черхалъегун ботIрое бигьалъи ккола, свак чучула, хадубккун гьабулеб ишалде цIияб гъира бала, рихьичIого рукIарал чагIазулгун лъикIабквешаб бицун ургъелал рикьула. ХIасил, дида ккола кIиго моцIида жаниб цо нухалъгIаги гьединал бакIазде рахъине ккелин.

Гьединал бакIазде вахъунарев чиясда бицун лъаларо гьелъул букIунеб пайдаги, кколеб хIасилги.

Хадусеб номералъе суал «Нилъер дагъистаналда гьанжеги тIибитIулеб бугеб бахунеб унтиялдаса цIуна-къай кин нужеца гьабулеб бугеб?»

Заман гIадада хвей гурони тIокIаб пайда гьечIо. ХIухьбахъизе унеб заман Аллагьасул дин лъазабиялде биччани, лъикIаб букIина.

Кидаго хIалтIулевги ялъуни кидаго хIухьбахъи гьабулевлъунги вукIине бегьуларо. КIиябго рекъон бачани, сундулъго баракатги лъела. Дун моцIалъ хIалтIула, цинги цо къо гьоркьоса бищун хIухьбахъи гьабизе вахъуна хъизан-агьлугун цадахъ.

Имам Гъазалияс абунин рагIана дида хIухбахъи кколин цояб хIалтIудаса цогиялде вуссин. ЗахIматалдаса бигьаялде. Дицаги гьедин гьабула. Амма цIакъго свакайдал гьудул-гьалмагълъигун мегIер-гIалахалде уна чуял рачине, хIухьбахъи гьабизе.

БитIараб бицани, гьудуллъи ва лъай цIикIкIуна. Вацлъиялъе асар гьабула.

МегIер-гIалахалде рахъун хIухьбахъи гьабиялдаса пайда букIинчIебани нилъер муфтияталъ гьарулел цо-цо гIелмиял мажлисал гIурдадеги рахъун гьарилароан.

КIудияв гIунагIан хIухьбахъиялъе заманго хутIулеб гьечIо. Гьаб дунялалъ тIубанго лагълъун ккун вуго.

ХIурматиял цIалдолел. Газеталъул щибаб номералда, «ЦIех-рех» абураб рубрикаялда гъоркь, нужее кьезе буго цо-цо суал. Гьелъие жаваб битIизе бегьула СМС хIисабалда гьаб номералде (ватцап): 7-988-458-16-63. Нужеца ритIарал жавабал рахъизе руго хадусеб номералда.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...