Аслияб гьумералде

ЦIалдолезул пикраби

ЦIалдолезул пикраби

БитIараб бицани, спорталъе заманго гIолеб гьечIо. ГIолохъанаб мехалъ гьабичIеб спортги течIо, амма лъимал гьаруралдаса тIубараб къоялъ хIалтIизе кколев вуго.

Радал-бакъанида гугаризе хьвадула. Хьул буго кватIичIого къецаздаги гIахьаллъилин абураб.

Школалда цIалулеб мехалъ физкультураялда цIакъ кIвар кьолаан. Институталде цIализе лъугьиндал къанагIатго гурони физкультура гьабулароан. Армиялдаса вачIиндал заманго гIолеб гьечIо.

Пайдаяб гуреб жого ккечIо. Аслияблъун букIана кванай дагь гьаби, лъикIал гIамалазде гьеси.

Физкультураялъе биччалеб заман дагь буго, гьеб гьечIолъи сабаблъун черхалъулги тату холеб буго. Лъимал-хъизан гьабун лъебериде вахиндал, киналъего заман гIолеб гьечIо.

Дун вуго 1 курсалда цIалулев. Школалда физкультураялъе заман гIемер букIунаан, гьанже дагьлъун буго.

Радал векерула, зарядка гьабула, тренировкабазде хьвадула.

Гьава-бакъ хинлъидал байбихьула ралъдахъе хьвадизе, векеризе ва чвердезе.

Метер байбихьилин абун унеб буго гIумру.

Радал школалде иналде анцIго минуталъ зарядка гьабула, цинги цIорараб лъекь чвердола.

КIвахIалъ кинабго хвезабула. Зарядка радал гьабун бажарани, тIолабго къо лъикI уна.

ГIага-шагарго 30 минут тIамула зарядка гьабиялда.

Кинго заман батизе кIолеб гьечIо физкультураялъе. Радал какде вахъинецин кIолареб мехалъ зарядкалъулго бицунго щай!?

Зарядка гьабуларо. Руччабазул рукъалъул хIалтIи зарядка гIадаб жо гьечIищха.

Кинаб зарядка!? ТIубараб къо уна хIалтIуда. Къаси кватIун щола. ГIемер свакаялъ, какги бан, кьижун ккола.

Рамазан моцI лъугIидал байбихьилин хьулазда вукIана, амма кинго иблисалъ толеб гьечIо. Бичас биччани метерго байбихьила.

Дида эбел-инсуца абуна цIалиялда тIадчIей гьабейин. Гьединлъидал спорт гьаб заманалда жибго тун буго. ГIиси-бикъинаб зарядка гьабула къойилго.

Жакъа байбихьила, метер жувалаян унел руго сонал. Чорхол кIвахIаллъиялъ виччалев гьечIо вагъа-вачаризе. Физкультура кутакалда пайдаяб жо букIин бичIчIараб гIолеб гьечIо, гьабизеги кколеб буго. Хьул буго гьанжеялдасагIаги байбихьилин абун.

Гьале метергIаги спорталде жува-гъувай гьабизе ккелин абун ургъулаго чанго сонги данде сверулеб буго.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...