Аслияб гьумералде

ЦIалдолезул пикраби

ЦIалдолезул пикраби

Газеталъул ахирисеб номералда кьун букIана «Налъи тIадбуссинабизе захIмалъулищ нужее?» - абураб суал. Гьелъие рачIарал жавабал кьолел руго гъоркьехун:

  • Гьеб буго гьабичIого рес букIинчIолъиялъ ккараб налъи. Бокьун гьабичIеб, гьабизе ккараб. Щиб дугIа цIалилеб, гьеб дугIа гьабизе бокьилаан дие тIаса ккеялъе.
  • ХIалкIванагIан налъи гьабичIого тезе яхI бахъула. Гьабурабги кIванагIан хехго нахъбуссинабула. Аллагьас кумек гьабеги налъи тIаде ккаразе.
  • Налъи гьабизе кколеб буго къваригlел ккедал. Амма тlадбуссинабизе бокьула, рес гьечIони, цо бутIагIаги. Жигара бахъула къoтlи тlубазе.
  • ЦIакъ захIмалъула.
  • Налъи нахъбуссинабизе бигьалъула. Налъи босизе шаргIалъ бегьизабун бугелъул. Амма кредит цIакъго захIмалъула. Процентал тIаде рачIунеб кредит аскIобе къазабуге. Нилъ гуккизелъун ургъараб жо буго гьеб.
  • КигIанги захIмалъуларо.
  • Налъиги батIи-батIияб букIуна. БоцIи-малалъул налъи нахъбуссинабизе гIемер захIмалъуларо. Амма Аллагьасе I кьезе кколеб, ай как-кIалалда хурхараб, напсалъе цIакъ захIмалъула.

Хадусеб номералъе суал «Рамазан моцIалъ кIал кквеялдаса кинал пайдаби нужее ккарал?»

  • ЗахIмалъуларо. ЗахIмалъизегIан цIакъго кIудияб налъи босун букIинчIо.
  • Налъи босуларо, босараз нахъе кьоларого буго.
  • БитIараб бицани, захIмалъула кьезе рес гьечIони, амма бугони, хехго бецIула.
  • Рес ккарабго тIадбуссинабичIого жеги течIо.
  • Налъи тIадбуссинабичIого тезе захIмалъула.
  • ЗахIмалъуларо.
  • ХIалкIун хехго кьола.
  • Налъи тIад букIаго рахIат букIунаро.
  • Аллагьасе рецц, налъи гьабизе кIоларо, чорокаб жолъун бихьула дида гьеб.
  • ГIолохъанаб мехалъ босараб налъи жакъа къоялъги бецIулев вуго дун. ЦIакъ захIмалъулебги буго. Рес букIаго налъи гьабуге, гьеб буго дир васият.
  • Налъи босизе лъикIаб гьечIониги, гIадамазе кумек гьабун налъуда гIарац кьей цIакъго кири щолеб иш буго. Жеги налъи гьабизе ккун букIинчIо, амма къваригIун аскIоре рачIарал нахъги чIвачIо. ГIадамазе пайда гьабизе щвеялдаса лъикIаб жо щиб бугеб?
  • Жакъа къоялъ налъутIа араб гIарац нахъе тIалаб гьабидал, тушманлъун кколев вуго. Гьединлъидал дица налъутIа щибго жо кьоларо.
  • Муфти АхIмад-хIажиясги абичIищ, налъуде кьейин тIаса лъугьун тезе кIолеб къадарилан. Нагагь нахъбуссинабичIони, садакъалъун тезе букIине. Гьелдаса босун налъутIа кьола ва нахъе тIалаб гьабуларо. Босун рачIани, къабулги гьабула.

ХIурматиял цIалдолел. Газеталъул щибаб номералда, «ЦIех-рех» абураб рубрикаялда гъоркь, нужее кьезе буго цо-цо суал. Гьелъие жаваб битIизе бегьула СМС хIисабалда гьаб номералде (ватцап): 7-988-458-16-63. Нужеца ритIарал жавабал рахъизе руго хадусеб номералда.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...