Аслияб гьумералде

ЦIалдолезул пикраби

ЦIалдолезул пикраби

Газеталъул ахирисеб номералда кьун букIана «Гiаммал ифтIарал гIуцIиялда жанир кинал пайдаби нужеда халлъулел?» - абураб суал. Гьелъие рачIарал жавабал кьолел руго гъоркьехун.

ГIаммал ифтIарал гьариялда жаниб буго цоцазда гьоркьоб рокьа-хинлъи, вацлъи цIикIкIин. Хасго кIал ккурав чи кваназавиялъул кири цIакъго кIудиябги буго.

ГIаммал ифтIарал гьариялъул гIемерал пайдаби руго. ТIоцебесеб иргаялда, бечедал гIадамазе рес буго садакъа-хайрат гьабун гIадамал кваназарулел ифтIаразда гIахьаллъи гьабизе. Дида бихьаралдасан буго, иман щулиял, рес бугел гIадамал рамазан моцI байбихьилалдего рачIуна ифтIаралъе къваригIараб цIех-рех гьабун. Цояс пиринчIалъул турпи рачIун, цогидас чамасдакIалъул ящикал рачIун, помидор-охцер щибаб къойил чIезабизе тIад босун, гьекъезе лъим бачIун гIуцIула ифтIарал.

Рамазан моцIалъ нижер тухумалъул гIадат буго цоцазухъе хьвадун гIаммал ифтIарал гьарулеб. ТIубараб соналъ тIаде-гъоркье хьвадизе рес ккечIониги рамазан моцIалъ ифтIарал сабаблъиялдалъун ниж цоцада рихьула. МухIканго абизе кIола, гIагарлъиялда гьоркьоб гьуинлъи цIикIкIинабулин. Гьеб гурищ баракат!? Аллагьас ﷻ киназего кумек гьабеги.

Рокъор кваназе рес гьечIел мискин-пакъирзабазе кIудияб кумек буго гIаммал ифтIаразул.

Дида бичIчIуларо гьабгощинаб гIарацги хвезабун ифтIарал сундуе гьарулел жалали, щиб гьездаса мурад? ЦIакъго къваригIаралъубе хвезабизе лъикI гьечIищ гIарац? РихъизегIан кваназе рачIуна, рачIунгеян, гIемер кванагеян бищунго цIакъ ахIдолел.

ХIурматиял газета цIалулел! ХатIалъуларев инсан вукIунарелъул, бокьилаан газеталда ккараб гъалатI нижеда лъазабуни. Газеталда рорхизе бокьарал суалал, макъалаби, пикраби ратани гьаб 7 988 458 16 63 номералде ахIизе ва хъвазе бегьула.

ГIаммал ифтIараз цоцаде гьуинлъи бижизабула.

Пайда камун букIунеб батиларо, амма гьенире рачIаразул лъабго къоялъ кваназе жо щвечIезул гIадин букIунеб хъантIи бихьидал, гIемер гъираго букIунаро гьениве ине.

ГIаммал ифтIарал гьариялъул мурад буго мискинпакъир гIорцIизегIан кваназави. Дида бихьана нахъе хутIараб тIагIам гьединазухъе цадахъ кьолебги.

БоцIи-малалъулъ гIатIилъи бугесе цоги нухалъ щолеб буго садакъа-хайрат гьабизе.

«КIал ккурасе нужеца гьекъезе лъим яги чамасдакI кьуниги Аллагьас ﷻ нужее гьелъухъ жазаъ гьабула», - ян буго аварагасул ﷺ хIадисалда. Гьединлъидал цоги щиб абизе ккелеб гIаммал ифтIарал гьариялъул ва гьездаса ругел пайдабазул хIакъалъулъ.

БитIараб бицани, дие бокьуларо гIаммал ифтIаразде хьвадизе. Рокъоб агьлу-хъизамгун бокьула кIал биччазе. Росги виччаларо дица гьениве. Дида ккола рес гьечIел мискин-пакъирзабазе гIуцIарал ругин гьел ифтIарал.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...