Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

 

  1. Имам Тирмизиясул Аварагасул ﷺ хIакъалъулъ хъвараб машгьураб тIехьалда цIар щиб?

– «Шамаил МухIаммадия».

  1. «Шамаил» щиб жо кколеб?

– «Шамаил» ккола чиясул тIабигIаталъул ва рукIа-рахъиналъул бицунеб жо.

  1. Лъеберабилеб жузалда жаниб чан сура бугеб?

– 37 сура буго.

  1. Къуръаналда бугеб кIиго сураялда абула «Ихлас» абун. Щал гьел?

– Сура «Ихлас» ва «Кафирун».

  1. Аятул Курси щиб сураялда бугеб?

– Сура «Бакъараялда», аят 255.

  1. Суннатаб буго цо-цо сурабазда хадуб абизе Лаилагьа илла ллагь валлагьу акбар абун. Щал гьел сураби?

- Сура «ЗухIаялда» ва гьелда хадур ругелщинал сурабазда.

  1. «Жин» абун сураялда цIар щай тараб?

– Щайгурелъул авалалда аварагасде ﷺ хитIаб гьабун букIиналъ жиналги рехсон.

  1. Рузман къоялъ ва сордоялъ цIализе бихьизабураб сура кинаб кколеб?

– Сура «Кагьф» ккола.

  1. Кинав асхIабасул цIар рехсараб Къуръаналда?

– Зайд бин ХIарис, сура «ал-АхIзаб», аят 37.

  1. Ахирисеб сура киб рещтIараб?

– Мадинаялда.

  1. Алжаналъул кIул щиб?

– Лаилагьа иллаллагь МухIаммадун расулуллагь абураб рагIи.

  1. Авараг щив кколев?

– Гьев ккола жиндихъе вахIю рещтIарав ва гIадамазда гьоркьоб тIибитIизабейин абун жинда амру гьабурав чи.

  1. Расул щив кколев?

– Гьев ккола жиндихъе вахIю рещтIарав ва гIадамазухъе щвезабеян абун амру гьабурав. Щивав расул авараг вуго ва щивав авараг расуллъун гьечIо.

  1. КIал кквей щиб соналъ тIадаблъун гьабураб?

– КIиабилеб гьижрияб соналъ.

  1. ХIеж тIалъиялъул кинал шартIал ругел?

– Ислам, гIакълу, балугълъи, узденлъи, хIежалде ине хIал кIвей, чIужугIаданалда цадахъ махIрамияв чи вукIин.

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...