Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

– Дагъистаналда фикъгьияб «Канзу Рагъибин» абураб машгьураб тIехьалъул автор щив?

– Имам МахIалли.

– Щиб сураялъ дажалил питнаялдаса цIунулел?

– Суратул «Кагьфалъ».

– Лъил хIакъалъулъ Къуръаналда Аллагьас ﷻ рехсараб, гьесул черх букIине бугин хадур рачIунезе вагIзалъун абун?

– ФиргIавнил хIакъалъулъ (сура «Юнус», аят 91-92).

– Къуръаналда бищун кIудияб мунагьлъун щиб рикIкIараб?

– Купру.

– Къуръаналъ бечелъиялъул ва боцIул хIакъалъулъ щиб абураб?

– Гьеб нилъер иманалъул хIал бихьизе кьураб бугин. (Сура «ал-Бакъара», аят 155)

– Зодоса рещтIарал кинал тIахьал рехсарал Къуръаналда?

– Къуръан, Таврат, Инжил, Забур, Ибрагьимил ва Муса аварагасул тIанчал.

– Щиб сураялъулъ кIиго нухалъ басмала рехсараб?

– Суратул «ан-Намлалда».

– МоцI абураб рагIи чан нухалда рехсараб?

– 12 нухалда.

– Къуръаналда инсаналъул тIадегIанлъи сундалъун борцунеб бугеб?

- Такъваялдалъун.

– Кинал гIибадатал рукIарал Аллагьас ﷻ бану-исраилазда тIадкъан ва хадуб исламалдаги байбихьарал?

– Как ва закагIат (сура «ал-Бакъара», аят 43).

– Лукъман чан нухалъ рехсарав?

– КIиго нухалда, «Лукъман» сураялда, (аят 12, 13).

– Щибаб аят «с» хIарпалдалъун лъугIулеб сура щиб?

– Сура «ан-Нас».

– Къуръаналда рехсараб алжаналъул гъветIалда цIар щиб?

– ТIуба.

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...