Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

 

  1. Авараг ﷺ гьавураб соналъе кинаб цIар щун букIараб?

– Пилалъул сон абун.

  1. Къуръаналда хадуб кьучIабилан щиб тIехьалда абулеб?

– Имам Бухариясул хIадисазул тIехьалда.

  1. Аварагасда ﷺ цIар лъица лъураб?

– ГIабдулмутIалибица.

  1. КIудияв инсуца гьеб цIар щай гьесие кьураб?

– Аллагьас ﷻ гьесул ракIалде рехун.

  1. Шамалде даран-базаралъе Авараг ﷺ индал, кашишасда гьев кин ватIа вахъизе лъарав?

– Беразда жаниб бугеб багIарлъи лъан.

  1. Бухариясул тIехьалдаса хадуб кьучIаб тIехь кинаб бугеб?

– Имам Муслимил хIадисазул тIехь (СахIихIул Муслим).

  1. Аварагасул ﷺ чан лъимер букIараб?

– Анкьго лъимер букIана.

  1. Нуралъул бетIерилан абураб тIокIцIар лъие щвараб?

– ТIуфайл бин ГIамр Давсие.

  1. «МухIаммад» абураб сура бугищ Къуръаналда?

– Буго.

  1. ТIоцебе «СубхIналлагь» абураб рагIи лъица абураб?

– ЖабрагIил малаикас.

  1. «ВалхIамдулиллагь» абураб рагIи тIоцебе лъица абураб?

– Адам аварагас.

  1. «Къуръаналъул ракIилан» щиб сураялда абулеб?

– «Ясиналда».

  1. «Валаилагьа илла ллагь» абураб рагIи тIоцебе лъица абураб?

– НухI аварагас.

  1. «Валлагьу акбар» абураб рагIи тIоцебе лъица абураб?

– Ибрагьим аварагас.

  1. «Вала хIавла вала къуввата илла биллагьил гIазим» абураб рагIи тIоцебе лъица абураб?

– МухIаммад аварагас ﷺ.

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...