Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

1. Аварагасул ﷺ баргъичалда тIад щиб хъван букIараб?

– МухIаммадун расулуЛлагь (Аллагьасул расул МухIаммад ﷺ ) абун.

2. Забуралда аварагасул ﷺ цIар кин хъван букIараб?

– Фарукъ абун букIана (хIалал-хIарам жинца батIа бахъулев).

3. Имам Шамил чамабилеб соналъ гьавурав?

– 1797 соналда.

4. Аварагасул ﷺ бищун хириял цIарал щал?

– МухIаммад ва АхIмад.

5. Лъица аварагасде гIантал ва гIисинал лъимал тIаде тIамун рукIарал, гьев гьезухъе индал?

– ТIаифалъул агьлуялъ.

6. Щиб сураялъул щибаб аят лъугIулеб «Д» хIарпалдалъун?

– Суратул «Ихлас».

7. Щив халипас тIоцебе Акъса мажгиталда как бараб?

– ГIумар бин ХатIтIабица.

8. Аварагазабазул къадар кигIан букIараб?

– 124000 букIанин абула гIемерисел гIалимзабаз.

9. Имам Нававиясул машгьураб дугIабазул тIехь щиб?

– «Азкар» абураб тIехь.

10. Щай авараг ﷺ Макка бахъун хадуб жанив вачIарав хIеренго бетIерги къулун, щай вачIинчIев цогидал ханзабигIадин бетIерги борхун, гIадамалги гъурун?

– Аварагасул ﷺ рахIму кутакаб букIана. Гьединго авараг ﷺ вукIана бищун лъикI Аллагь ﷻ лъарав чи. Гьесда бичIчIана лъица гьесие бергьенлъи кьурабали. Гьелъин авараг ﷺ, Аллагьасул ﷻ лагъгIадин, шукру гьабун, вачIарав.

ШАМИЛ МУХIАММАДОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...