Аслияб гьумералде

РухIчIаголъаби ва хIикмалъаби

РухIчIаголъаби ва хIикмалъаби

РухIчIаголъаби ва хIикмалъаби

Диналъ нилъ ахIула сверухъ бугебщиналъул пикру гьабизе ва гьеб цIунизе. Амма гьабулищха нилъеца гьеб, хасго рухIчIаголъабазул?

 

Масала, кевлар (бронежилет) 10 нухалъ загIипаб буго Дарвин абураб хъанхърадул бусеналъул щулалъиялдаса. ТIадежоялъе, гьеб бусен тIеренабги тIадагьабги буго. Гьеб гIуцIарав ва бижарав ТIадегIанав Аллагь ﷻ гурищ? 

Колибри абураб хIанчIида кIола, хIухьбахъи гьабичIого, 20 сагIаталъ боржине. Боржунеб заманалда гьелъ жиндирго кьаралъи хвезабула, жинда жаниб бугелдаса. Колибри абураб хIинчIалъул цIайи 3 грамм буго, ай цIакъ тIадагьаб хIинчI ккола гьеб. Гьелъ боржиналде цебе данде гьабула кьаралъи ва боржунеб мехалъ кинабго лъугIула.

Пингвинал, чIегIералгун хъахIалги гурелги, тIугьилалги рукIуна. 

Гьезда кIола, жидее зарал ккечIого, ралъдал цIамхIалаб лъим гьекъезеги. Амма гьез гьеб къанагIат гурони гьекъоларо. 

Морская губка абураб рухIчIаголъиялъухъа бажарула, бусс-буссун баниги, заманалдасан жибго данде бакIаризе.

Чайка хIанчIица, борхьал къватIире рачIинелъун, хIатIал ракьуда гIемер кьабула. Гьеб мехалда борхьазда ккола цIад балеб бугин абун ва гьел къватIире рачIуна.

Пилалъул гIусалъул цIайи 9 килограммалде бахуна.

Морские котики абурал рухIчIаголъабазда кIола кIиго сагIаталъ хIухьел кквезе. 

Крокодилазда кIоларо къватIиб мацI рехизе.

КIиго сон бараб киталъул букIунеб буго лъимадул гIадинаб гIакълу. 

Страусалъул бер кIудияб буго гьелъул гIадал нахалдасаги. 

Рузил габур буго гIезегIан халатаб, амма гьеб бихьизе захIмалъула хIулиялъул гIемерлъиялъ.

Гепардалъухъа бажаруларо гъалбацIалда ва цIиркъалда гIадин ахIдезе. Гьел кутул гIадин мимидула.

Гьвеялъухъа бажарула гIадамазул гьаракь ва гьезул хисарди батIа бахъизе. 

Цо гъеду къварилъиялде ккани, гIемерисел гъудул кумекалъе рачIуна. Гьезда батIа бахъизе кIола гIадамазул гьурмал. Гьединго гъеду рикIкIуна бищун цIодораб хIинчIлъунги.

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...