Аслияб гьумералде

Гъизилюрталда – Аварагасул ﷺ асарал

Гъизилюрталда – Аварагасул ﷺ асарал

Гъизилюрталда – Аварагасул ﷺ асарал

ХIурматияб Дагъистаналъул агьлу! ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ рахIматаздасан ккола жакъа Дагъистаналда хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ асарал рукIин ва мех-мехалъ гьел асаразда берчIвазе нилъее рес щвей. Гьале ахирал соназ батIи-батIиял районазде щвана Хириясул ﷺ ва гьесул асхIабзабазулгун вализабазул асарал. Исана, рабигIул аввал моцIалъ, гьединаб талихI щвана Гъизилюрт шагьаралъе. Баракат тIалаб гьабун нижер редакциялъги сапар бухьана зияраталде. Унго, щибаб рахъалдасан шагьаралде унел нухал  гIадамаз берцинго къачIан рукIараб куц бихьидал, Авараггун ﷺ дандчIвазе унеб хIал букIана. Ма шаа Ллагь, Аварагасдехун ﷺ бугеб гьеб рокьи ТIадегIанав Аллагьас ﷻ нилъер ракIаздасан киданиги нахъе босугеги!

 

 

 

ГIалиасхIаб Къасумов, Гъизилюрт районалъул имам:

 

- ГIалиасхIаб, асарал Гъизилюрт шагьаралде рачIиналъе сабаб щиб ккараб?

- Бащдаб лъагIелалъ цебе нижеца байбихьана, жакъа  асарал жанир лъун ругеб, мажгит къачIаялъе хIалтIаби гьаризе. Гьаб ккола шагьаралда рузман балеб аслияб мажгит. ЖамагIаталда дандбана ва хIукму ккана мажгитги сверухъ бакIги берцин гьабизе. Цинги асаразул жавабиязда гьарана гьел нижехъе росиялъе квербакъи гьабейилан абун. Аллагьасе ﷻ рецц, гьари гьез нахъчIвачIо. Гьайгьай, гьеб къоялдаса нахъе гьабулеб хIалтIудацин баракат лъуна.

 

- Аварагасул ﷺ асарал рачIине рес щванин абун хабар рагIидал, жамагIаталъ гьеб кин къабул гьабураб?

- Асарал рачIиналъул хIакъалъулъ жамагIаталда бицун букIинчIо. МоцI хутIидал, рузманалда бицана нилъер районалде Аварагасулгун ﷺ асхIабзабазул асарал рачIине рес бугин абун. ЖамагIатги кутакалда бохана. Гьеб къоялдаса нахъе, къаси-къад чIечIого, шагьаралъул ва  районалъул имамзабиги, жамагIаталгун цадахъ, Аллагьасе ﷻ гIоло хIалтIана.

 

- Зияраталъ гIемерав чи вачIанищ?

- ЦIакъго гIемерав чи вачIунев вукIиналъ, нижее бихьизабун букIараб заманалде тIаде, жеги кIиго къоги жубазе ихтияр кьуна. Гьелъухъги баркала буго.

- «Ас-салам» казият гьоркьобккун щиб гьарилеб?

- ТIоцебесеб иргаялда, баркала кьезе бокьун буго Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандиясе гьадинаб рес кьуралъухъ. КIиабизе, баркала буго шагьаралда ва районалда ругел имамзабазегун жамагIаталъе гьез бахъараб хIаракаталъухъ. Гьадин рохалида ва ракълида таги Аллагьас ﷻ киналго бусурбаби.

 

 

 

МахIмудов ГIабдулхIамид, Гумбет район, ЦIиликь росу:

 

- Гьаб буго дир асарал рихьизе гьабураб лъабабилеб зиярат. ТIоцебе МахIачхъалаялде, хадуб - Къуруш росулъе ва гьале гьанже Гъизилюрталде вачIана. Аллагьасе ﷻ буго рецц, гьаниве дун вачаралъухъ. ЛъугIел гьечIеб щукру-рецц буго хIалимав Аллагьасе ﷻ халкъалъулго бищун Хириясул ﷺ зиярталде ниж рачаралъухъ. Хьул буго зиярат къабул гьабиялдеги. Дунго инвалид вугониги ва гIалам гIемераб бугониги, щибго захIмалъи бихьичIин абизе бегьула. Аварагасул ﷺ ва гьесул асхIабзабазул асарал рихьидал ракI бохиги пашманлъиги цадахъго загьирлъана. РакI бохана гьел асарал рихьидал ва пашманлъиги тIаде бачIана гьездехун бугеб урхъиялъухъ, дин цебетIезабулаго гьезда бихьараб захIмалъи ракIалде щун. Гьарула дагъистаниязе кинабго лъикIабщинаб. Имам Шамилидаса байбихьун, жакъасел устарзабазе гIоло гьарула Аллагьасда, Дагъистаналъул ракь питна-балагьаздаса цIунагиян. Кинабго баракат бугебщинаб нилъеде тIаде чвахизабеги Аллагьас ﷻ. 2008 соналъ хIежалда вукIаго, гIарабаз абулеб рагIана хIежалдаса нахъе ккечIеб баракат Дагъистаналдаги бугин абун. Дица рикIкIуна гьеб нилъер гьанир загьирлъарал шайихзабазул баракат бугин. Имам Шамилил заманалдаса байбихьун ислам цебетIезелъун гIемераб хIалтIи гьабулеб буго нилъер церехъабаз. Кьеги Аллагьас ﷻ гьезие сахлъи.

 

 

 

Рамазанова ГIаишат, ЛъаратIа район, Щидрин росу:

 

- Гьадинаб берцинаб ва баракатаб данделъи Дагъистаналъул ракьалда киданиги камугеги. Хирияв Аварагасул ﷺ баркат, шапагIат щваги киназего. Нилъер устарзабазда, шайихзабазда, вализабазда баркат лъеги. Кинабго ракьалдаса рагъал тIагIаги. Зиярат гьабун къватIие ячIиндал парахалъи ккана.

Аллагьас ﷻ нилъ ахираталда нилъее рокьаралгун данде гьареги.

 

 

 

Хабиров Хабир, Гумбет район, ЦIиликь росу:

 

- Гьаниб рекIее гьабулеб асаралъул бицун хIалкIоларо, щивасда бихьизе ккола. ЦIакъ берцинго мажгитги гIуцIун буго. Гьаб берцинлъи чIезабиялда гIахьаллъи гьабунщиназе баркалаги буго. Гьарула дагъистаниязе рекъел. Нахъе-нахъеги гьадинал зияратазда гIахьаллъи гьабизе киназего сахлъиги кьеги.

 

 

 

ГIисаева Зайнаб, Хасавюрт район, Октябрьское росу:

 

- Гьаб буго дир Аварагасул ﷺ асаразде гьабураб лъабабилеб зиярат. Цеехун Каспийск ва Гъизляр шагьаразде асарал рачIиндалги ун йикIана. Аварагасде ﷺ бугеб рокьиялъ гьабгощинаб гIалам бакIарун буго гьаниб. Кинабго МухIаммадил ﷺ умматалъего гьарула щулияб иман. Киназдаго Аллагьги ﷻ гурхIаги. Палестинаялъул гIадамал ва Украиналда ругел нилъер гIолохъаби Аллагьас ﷻ капураздаса цIунаги. Аллагь ﷻ разияб гIамал кьеги ва Гьев ﷻ гIемер рехсезе иманги кьеги. ХIалалаб ризкъиги кьеги ва нилъер хваразулги мунагьал чураги.

 

 

 

МухIамадов ГIабдулхаликъ, Хьаргаби район, Дарада-Мурада росу:

 

- Дун цеве-цевеги щун вукIана рахъ-рахъазде зияратаз ва амма жакъа гIадинаб берцинлъи кибго бихьун букIинчIо. Аварагасул ﷺ заманалда гIадин гIуцIун бугоан зиярат. Гьеб кинабго бихьидал Аварагасул ﷺ заман ракIалдеги щвана. Дагъистаналъул ракь баракатаб бугин гIадада гуро абулеб. Нилъее гIадинаб талихI лъиениги кьун батиларо. Гьелъухъги рецц гьабизе ккела.

 

 

 

ГIалиев Заирбег, Хунзахъ район:

 

- Аварагасулгун асхIабзабазул ва шайихзабазул асарал рихьизе рес щвей буго нилъее кIудияб рохел. Чорхол сахлъи гьечIониги Аварагасдехун ﷺ бугеб рокьиялъ вачIана дун гьаниве. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ киназулго зиярат къабул гьабеги.

 

 

 

Асланова Умагьани, Хунзахъ район, Уздалросу:

 

- Аллагьасе ﷻ буго рецц дун гьание зияраталъ ячаралъухъ. Гьадинаб баракат-рахIмат, гьоркьоса чи камичIого, щибаб лъагIалида рещтIаги нилъеде. Гьарула Аллагьасда ﷻ бусурбабаздаса питна-балагь нахъе босагиян. Аллагьги ﷻ Аварагги ﷺ разияб гIамалги кьун Дагъистаналъул агьлу муфтиясда хьолбохъ цолъизареги. Жакъа гьание зияраталъе ячIарабго гIадин, хIежалдеги яче Аллагь ﷻ, дуца дун.

 

ХIадур гьабуна Жабир Мажидовас

 

 

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


МацIалъул хIинкъи

МацI ккола ТIадегIанав Аллагьас инсанасе кьурал бищунго кIудиял нигIматазул цояб. Гьелдалъун гIадамаз бухьен гьабула, гIелму бикьула, цоцазе квербакъула, Аллагь рехсола. Амма гьебго мацIалъги рачине бегьула кIудиял мунагьазде ва квешал хIасилазде, гьабулеб каламалда хадуб...


Инсанасул талихI

ГIужда как бай буго инсанасул бищун кIудияб талихI. Нилъ Аллагьас ﷻ рижун руго гIибадаталъе, гIибадаталъул аслияблъунги буго как. Как байги буго МухIаммадил умматалда цIакъго-цIакъ хасс гьабураб гIамал.   ТIоцебе тIадкъай гьабулелъул как бай букIана къойида жаниб кIикъоялда анцIго базе....


ХIикматал махлукъатал

Оляпка   Гьеб буго гIажаибаб хIинчI. Къадако хIанчIазул тайпабаздасан кколеб гьеб буго лъелъе кIанцIизе ва жаниб хьвадизе гьунар бугеблъун.   Гьеб букIуна цIорорал хехчвахулел мугIрузул лъаразул рагIаллъабазда. Лъелъеги кIанцIула квачаялъухъ хал гьабичIого. Лъелъе кIанцIула квен...


БачIине бугеб къо

Бусурбабаз иман лъезе кколелдасан буго Къиямасеб къоялъ щибаб махлукъат Аллагьас ﷻ гIарасаталде бахъинабизе бугеблъиялда. Дунялалда нилъ руго заманалъ гIумру гьабизе риччараллъун.   Нилъер иманалъул аслияб магIнаялъул цояб ккола: «Инсан хвезе вуго дунялалда жинца гIумру гьабураб хIалалда ва...


ХIурматиял лъимал!

Нужецаго рахъарал суратал, кучIдул ва цогидал жал гьаб номералде +7 988 458 16 63 ритIизе бегьула!     ГIабдулгъаниев Расул, 7 классалъул цIалдохъан, Хунзахъ росу. ГIабдулкъадиров МухIамадрасул, 7 классалъул цIалдохъан, Хунзахъ росу. ГIабдурахIманов Сайфуллагь, 9 сон, ТIохьотIа...