Аслияб гьумералде

Зинаялдасаги квешаб

Зинаялдасаги квешаб

Зинаялдасаги квешаб

Бищун чIахIиял мунагьазул цояб ккола риба. Гьеб хIарамаб букIиналда тIолалго имамзабиги тIадрекъана. Гьеб хIарамаб букIиналда тIасан рачIарал Къуръаналъул аяталги хIадисалги гIемерал руго. Гьел аятал ва хIадисал рукIин лъаялда цадахъ иман цIакъго загIипав чияс гурони рибаги хIалтIизабуларо.

 

Къуръаналда ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абулеб буго (магIна): «Аллагьас ﷻ даран хIалал гьабуна ва риба хIарам гьабуна», - ян. (Суратул «Бакъарат», аят 275)

Гьеб аяталдасан нилъее баянлъана Аллагьас даран-базар гьабизе лъикIаб ва беццараб букIин ва амма гьелъулъ риба хIалтIизабизе Аллагьас ﷻ гьукъана. Риба хIалтIизабизе бегьулин абурав чиги купруялде ккола. Риба кьолев ва гьеб босулев чи разилъун гьабулеб мехалъ щай гьеб бегьуларин абулел чагIиги камуларо. Кутакалда нилъ хIинкъизе ккараб, шайтIаналъ гуккулеб бакI гьеб буго. Риба хIалтIизабулел гIадамал ккола ТIадегIанав Аллагьас ﷻ рагъ лъазабурал чагIи. Къуръаналда абулеб буго (магIна): «Нуж гьаб амруялда мутIигIлъичIони ва нужеца риба гьабиги течIони, нужеда лъай, нуж Аллагьасдаги ﷻ, Гьесул аварагасдаги ﷺ рагъ лъазабулел гIадамал рукIин», - ян. (Суратул «Бакъарат», аят 279)

 

 

 

 

 

 

«Фатавал ХIадисият» абураб тIехьалда хъван буго: «Аллагьас ﷻ рагъ лъазабурал гIадамал кIиго тайпаялда руго: риба хIалтIизабулел ва вализабазе зарал гьабулел», - абун.

Риба гьабиялдалъун жидее гьаб дунялалъул рокъоб дагьаб хайир бугониги, ахиралда гьелъул баракат гьечIолъи бихьичIого хутIуларо. Гьелде тIаде гIакъубаги букIине буго. Аллагьас ﷻ Къуръаналда абулеб буго (магIна): «Жидеца риба хIалтIизабулел ва гьелдалъун гIадамазул боцIи кваналел гIадамал къиямасеб къоялъ тIаде рахъунаро жундуца ккурал гIадамазда релълъун гурони. Гьадин инжит гьарун гьел тIаде рахъинариялъе гIилла буго гьез абулеб букIин рибаги цогидаб даранги релълъараб жо бугин абун», - ян. (Суратул «Бакъарат», аят 275)

 

 

 

 

 

 

Хирияв аварагас ﷺ нилъ рикIкIалъиялде ахIарал анкьго мунагьазулъги рехсон буго гьеб риба гьаби. Хирияв аварагас ﷺ бицана: «Дида нолъ макьилъ кIиго чи вихьана дихъе рачIун. Гьез дун цо бацIадаб ракьалде вачана. Цинги ниж бидул гIоралда аскIосан ана. Гьеб бидул гIоралда жанив вукIана цо чи ва цогидавги вукIана цере ганчIалги лъун гьеб гIоралъул рагIалда гIодов чIун. ГIурулъ вугев къватIиве вачIине жувайдал, рагIалда вугес гамачIги речIчIун, вукIаралъув вортизавулев вукIана. Гьедин къватIиве вахъине хIаракат бахъанщинахъе ганчIал речIчIун вортизавулев вукIана гьев. Цинги дица цIехана гьав гIурулъ вугев щивилан абун. «Гьев риба кваналев чи вуго», - ян жаваб гьабуна. (Бухари)

Цогидаб хIадисалда буго: «Лъалебги букIаго рибаялдаса цо диргьам кванаялъул мунагь лъебералда анлъго нухалъ зина гьабиялдаса кутакаб буго», - ян.

Аллагьас ﷻ нилъ киназего тавпикъ кьеги риба гIадал къабихIал пишабаздаса рикIкIалъизе. Амин!

 

МухIаммадсалам Къурбанов,

ЧIалда росдал имам

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


ХIикматал махлукъатал

КIвахIачал   КIвахIалал абун цIар лъурал хIайванал руго цIакъ хьвади хIинцал жал. Гьез кванала гъотIол тIамхал. Цаби рукIуна бащадал ва цо формаялъул. Цересел хIатIал нахъисездаса халатал руго. Рас буго чахьалдаса мугъзаде сверун бижараб. ЛъикI бихьула, махI бачине кIола, амма гIинда бакIаб...


Мадраса рагьана МагIлибги

Хьаргаби районалъул МагIли росулъ рагьана цIияб мадраса. Гьелъие цIарги кьуна Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандиясул. Мадрасалда чIезарун руго киналго шартIал. Руго цIалул кабинетал, библиотека ва мутагIилзабазе хIажатабщинаб. Мадраса рагьиялъул хIурматалда тIобитIана динияб мажлисги....


Жиндаго тIад хIалтIи

Нилъеца гьарулел гIамалал ритIарал ругищали яги чиядехун гьабулеб гIамалалъулъ тохлъи биччалищали пикруго гьабулищ нилъеца? Мекъи рукIин лъалищ, къабул гьабулищ, гьеб битIизабизе хIаракат бахъулищ?   Гьайгьай, гьелъул пикру гьабизе ккела. Лъазе ккола аварагзаби хутIизегIан, гунгутIабаздаса...


ГIадамал данде гьарулеб ифтар

Щибаб хамиз къоялъ мажгиталъур данделъула гIадамал кIал биччазе. Анкьида жаниб тIоритIулел ифтарал гIуцIула «Инсан» фондалъ, гьелъие кумек гьабула волонтераз.   Нижеца гара-чIвари гьабуна «Инсан» фондалъул вакил Мурадилгун ва цIехана гьелъулги волонтеразул...


ОРВИялде данде

Щибаб санайил дунял квачазе байбихьидал, цIикIкIуна вирусалъулаб инфекциялъ (ОРВИ) унтаразул къадар. Хасго гIадамал унтула хаслихълъиялдаса бахъараб ихдалил байбихьуде щвезегIан. Гьединлъидал гьеб заманалда жаниб кIвар бугеб жо ккола унтул аслиял гIаламатал лъай.   ОРВИ ккола батIи-батIиял...