Аслияб гьумералде

Диналъул бичIчIи кьола

Диналъул бичIчIи кьола

Имам Бухарияс абун буго: «ГIелму рагIуда ва гIамалалда цебе букIине ккола», - ян. Ахир-къадги, рагIи битIарабги букIине, ишал хIакъикъаталда данде кколелги рукIине ккани, лъай къваригIуна. Лъай дагь бугезул рес букIуна гъалатIал риччазе.

 

Щай Имам Бухарияс гIелму рагIудаги ишалдаги цебе букIине кколин абураб? Щайгурелъул ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абун буго (магIна): «Дуда лъай, Аллагь гурони, лагълъи гьабизе мустахIикъав БетIергьан гьечIевлъи», - ян («МухIаммад» 19 аят). Балагье, Аллагьас гьал рагIаби «Дуда лъай» абураб амруялдасан байбихьана.

Аварагасул ﷺ гIелмуялда хурхарал хIадисал гIемер руго. Дие бокьун буго гьездаса цо лъай кьеялъулаб гьанибги рехсезе.

Машгьурав асхIаб Абу Дарда, Авараг ﷺ доб дунялалде ун хадув Шамалде, Дамаскалде гочана, гьениб гIумру гьабун, гIелму тIибитIизабун вукIана.

Цо къоялъ гьесухъе вачIана пуланав чи. Гьес нуцIида кIутIидал, Абу Дардаица гьикъана:

- Сунца мун гьаниве вачарав? - ян.

Гьес жаваб кьуна:

- Я Абу Дарда, дун духъе Мадинаялдаса вачIун вуго. Дида рагIана дуца Аллагьасул ﷻ Аварагасул ﷺ хIадис бицунеб бугин, дун вачIана гьеб дудасан рагIизе.

Абу Дарда гIажаиблъана:

- Цо хIадисалъе гIоло Мадинаялдаса Дамаскалде щвезегIан нухищха нахъа тараб дуца? Щиб лъалеб, мун даран-базаралъе вачIарав ватила, гьелдаго цадахъ дун вихьизе хьулгун?

Гьев чияс абуна:

- Гуро, гIицIго гьеб къасдгун къватIиве вахъана дун рокъоса. Аллагьасул ﷻ Расулас ﷺ абун букIинчIищ: «ГIелму тIалаб гьабиялъул нухдасан арав чи алжаналде унеб нухда вуго» - ян? ГIелму тIалаб гьабулев чиясе ралъдал ччугIаялъцин Аллагьасда ﷻ тIаса лъугьаян гьарулаян гурищ гьес абун букIараб? ГIелму аварагзабазул ирс бугин, аварагзабаз я динар, я диргьам нахъе течIилан, амма гьез гIелму нахъе танин гурищ бугеб?

Цинги Абу Дардаица абуна:

- У, дуца битIун абулеб буго.

Цинги Абу Дардаица гьесухъе хIадис щвезабуна, гьев чи нахъги вуссана.

Пикру гьабеха, вацал, нилъеда гIемер рагIула гIелмуялъул къимат бицунел хIадисал. Амма гьев чиясда унго-унголъунги бичIчIана гьезул къимат ва цо хIадисалъе гIоло гIезегIан нух нахъа тана. Цо-цо мехалъ нилъ кIвахIаллъула анцI-анцI хIадисал рагIизе бегьулеб дарсиде ине.

Аллагьасул Расуласул ﷺ хIадисалда буго: «Аллагьасе лъикIлъи бокьарав чиясе диналъул бичIчIи кьола», - ян. ГIицIго лъай гуребги, бичIчIиги. ХIадисалги Аварагасул ﷺ тIадкъаялги битIун ричIчIи ва гьезда нахърилълъин ккола Аллагьасул хасаб рахIмат.

ТIадегIанав Аллагьас нилъее гьеб бичIчIиги, диналда хадур рилълъине тавпикъги кьеги.

 

 

МухIаммад Урминский, Буйнакскиялда аслияб мажгиталъул имам

 

 

 

 

2026-07-15 (Сафар 1448 с.) №14.


Ингердахъ - руччабазул мадраса рагьана

Гьал къоязда мадраса рагьиялда хурхун рохалилаб мажлис тIобитIана ГIахьвахъ районалъул Ингердахъ росулъ.   Мунагьал чураяв Цевехъанил вас АхIмадица, жиндирго инсул букIараб мина кьуна мадраса базе. Гьеб цIигьабун базе хIаракат бахъана гьелъул байбихьуда имамлъун вукIарав Къурбанил...


Муфти дандчӀвана «Тактикиял ракетабазул корпорациялъул» директоргун

ДРялъул муфти, шайих АхӀмад-афанди ва муфтиясул гӀакълучи ГIайна ХIамзатова дандчӀвана «Тактикиял ракетабазул корпорациялъул» генералияв директор Борис Обносовгун. Гьединго данделъиялде рачӀун рукӀана «Дагъдизель» заводалъул АОялъул генералияв директор Жалилов Рашид; Руслан...


Имам Мунави

Зайнуддин МухIаммад ГIаб-дуррауф ибн Таж ГIарифин ибн ГIали ибн Зайнул ГIабидин Гьади ал-Мунави, машгьурав гIалим, шайих, имам ва хIадисазул гIалимчи, гьавуна Къагьиралда гьижрияб 952 соналъ.   ГьитIинаб мехалдасаго гьес инсудасан динияб лъай лъазабуна. Балугълъиялде щвезегIан рекIехъе...


ГIалимчи вукIун гIоларо

Абу Язид БастIамиясулгун лъеберго соналъ гьалмагълъи гьабун вукIун вуго цо гIалимчи, къад кIалал ккун, къаси сардал гIибадаталда рорчIун. Цинги цо къоялъ гьес абун буго Абу Язидида: «Я дир сайид! Дица дуе хъулухъги гьабуна, дуеги мутIигIлъана, кинниги дие загьирлъичIо БетIергьан Аллагьас ﷻ...


Сахлъиялъе зарал гьечIеб тIагIам

Инсанасул сахлъи бараб буго квана-гьекъолеб жоялда. Гьаб заманин абуни буго кванилъ химия гIемерлъараб мех. Гьединлъидал цIакъ захIмалъулеб буго экологиялъул рахъалъ рацIцIадал кванил нигIматал ралагьизе. Ленинкет поселокалда гIумру гьабун вугев Шамил районалъул Гьоориса ХIасаница рагьун буго...