Аслияб гьумералде

РакIалда хурхараб

РакIалда хурхараб

Ният ккола ТIадегIанав Аллагьас ﷻ лагъасул гIибадат къабул гьабиялъе аслияб гIилла. Гьеб ккола гIибадаталъул кьучIги киналниги гIамалазул рухIги. Амма хириял гIамалал хвезаризе бегьула цо мекъи гьабураб нияталъ. Гьелъ ният гьабизе лъазе ккола.

 

РекIелъ ният букIин ккола цIакъ кIвар бугеб ва гIемерал гIадамал жиндаса гъапуллъулеб пиша. ТIубараб гIумруго уна инсанасул нияталъул кIварги гьабичIого.

Цо-цоязда ккола ният гьаби захIматаб жо бугин абун. Гьеб гьедин гьечIо. Ният ккола дуда гьабизе ракIалда бугеб жоялде къасд гьаби, гьелъул шурутIалги цIунун.

ГIумар-асхIабасдасан бицараб хIадисалда буго: «Кинабниги гIамал нияталда бараб буго ва щивав чиясе гьес ният гьабураб жо буго. Аллагьасе ﷻ ва Гьесул Расуласе гIоло гьижра гьабурасул гьижраги гьезие гIоло букIуна. Дунялалъе ялъуни чIужугIаданалъе гIоло гьижра гьабурасе гьеб хIасуллъула», - ян. (Бухари, Муслим)

Гьеб хIадисалдасан нилъеда бичIчIула инсанасул рекIелъ щиб ният батаниги, гьелда бараб букIунеблъи Аллагьас ﷻ гьесие жаваб гьабиги. Инсанас гIамалалъе жазаъ гьаби, гьеб кинабго нияталда бараб букIуна.

Аллагьас ﷻ къиямасеб къоялъ малаикзабазда абула Жиндир лагъасе лъикIаб гIамал хъвайин гьесул кагътида. Малаикзабаз абула: «Я, БетIергьан, гьес гьеб гIамал гьабун букIинчIо», - абун. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абула гьесул ният букIанин гьеб гьабизе.

Байгьакъидасан бицараб цогидаб хIадисалда буго: «Ният гьечIев чиясул гIамалги букIунаро», - ян. Аллагьасе гIоло, ракIбацIцIадго гьабичIеб гIамал къабул гьабуларин абураб магIна буго гьелъул.

 

 

 

 

Муъминчиясул ният гьес гьабулеб гIамалалдасаги лъикIаб буго. Инсанас ният гьаби ракIалда хурхун букIуна. РекIелъе ваккулев цохIо ТIадегIанав Аллагь ﷻ вуго. Хъвазелъун малаикзабаздаги гьеб бихьуларо ва битIараб нухдаса къосинавизе шайтIабаздаги гьеб бихьуларо. Ният рекIел пиша букIиналъ, гьабулеб гIамалалдасаги гьеб хирияблъун лъугьана.

РекIелъ ихлас букIун-гутIиялъ рес буго нилъер гIамалал къабул гьаричIого рукIине. Ихласги ккола лагъасул нияталъул бацIцIалъи. Ихласги ниятги цадахъ букIуна ва цоцадаса батIа гьаризеги гьел кIоларо.

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ хIадисул къудсиялда абулеб буго: «Ихлас Дир ﷻ балъголъабазул балъголъи буго. Гьеб балъголъиги Дие ﷻ вокьарав лагъасул рекIелъе лъола Дица ﷻ», - ян.

Ният ва ихлас гьечIого гьабураб гIамал хIуралде буссуна. Халгьабе, къойил щуго нухалъ нилъеца балеб какилги тIоцересел рукнабазул цояб ният гьаби буго.

Ният кIалалъ гьабун букIунеб жо гуро. Гьеб ккола ракIалъул къасд, гьелъги мун цо иш гьабизе тIамулев. Масала, «Дица ният гьабуна диналъе къуваталъе кваназе», - янги абун лъикIалдаса лъикIаб кваналеб бугони, кванидаса лазат щвейги дур мурад бугони, гIорцIизегIан щибаб къоялъ лъабцIул кваналевги вугони, кваналеб жоялъул пикрабалъги вукIунев вугони, гьединав чиясул кванай Аллагьасе ﷻ гIоло букIунаро, гьеб жо ниятги кколаро, гьедин кванараб квен гIибадаталде сверуларо.

Щиб гIамал бугониги муъминчияс гьабулеб, гьелда цебе ният бацIцIадаб, лъикIаб гьабизе ккола. Масала, кьижи, ретIел ретIи, мадугьалзабазе лъикIлъи гьаби, гьоболасе хъулухъ гьаби, садакъа кьей ва гьел гурел цогидалги. КигIан гIиси-бикъинал ругониги, нилъер, Аллагьасе гIоло ният бугони, гьелъухъ кири цIикIкIун щвела, ин ша Аллагь.

Цоги буго, гьаниб бицинчIого гIолареб, Аллагьас ﷻ МухIаммадил умматалъе хас гьабун кьураб нигIмат, цереккун арал умматазе жиб кьечIеб. Гьебги живго Аварагас ﷺ абунила: «Аллагьас ﷻ лъикIабги квешабги хъвана, цинги гьел баянги гьаруна. Щив чи вугониги лъикIлъи гьабизе къасд гьабурав ва гьеб гьабичIев, Аллагьас ﷻ гьеб хъвала Жиндаго аскIоб цо тIубараб лъикIлъилъун. Гьес лъикIлъи гьабизе къасдги гьабун гьеб гьабуни, Аллагьас ﷻ гьеб хъвала Жиндаго аскIоб анцIго лъикIлъилъун, анкьнусиде ва жеги гIемер цIикIкIараб даражаялде щвезегIан.

Квешлъи гьабизе къасд гьабуни ва гьабичIого тани, Аллагьас ﷻ Жиндаго аскIоб гьеб хъвала тIубараб лъикIлъи гьабилъун. Инсанас квешлъи гьабизе къасд гьабуни ва гьеб рагIалде бахъинабуни, Аллагьас ﷻ гьеб хъвала цо квешлъилъун», - ян. (Бухари)

 

Халидшагь МухIаммадов, ЦIунтIа районалъул имамзабазул советалъул председатель

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...