Аслияб гьумералде

КIочон гьечIо

КIочон гьечIо

Жакъа бицина лъабабилев халип, кIиго нуралъул бетIергьан ГIусман ибн ГIафанил хIакъалъулъ. «КIиго нуралъул бетIергьан» абураб тIокIцIарги щвана гьесие Аварагасул ﷺ хирияй кIиго яс ячиналдалъун.

 

Бусурбабазул халиплъун ГIусман вугеб заманалда, гьесул нухмалъиялда гъоркь пачалихъалъул ракь гIатIилъана, гьелда гъорлъе рачана Армения, Кавказ, Африкаялъул ва Азиялъул улкаби, Кипр ва цогидалги ракьал.

ХIасанул Басрица бицана ГIусманил заманалда гIадамаз парахатго ва талихIалда гIумру гьабулеб букIанин. Гьедин бугониги ГIусманида данде байбихьана гъоркьан хIалтIи гьабизе.

Жакъаги нилъер гIемерисезда ричIчIуларо гIалимзабазул хIукмаби ва гьелъул хIасилалда бичIчIулареб жо нахъчIвазе лъугьуна, батIи-батIиял харбал тIиритIизарула. Имам Гъазалияс абуна: «Нужеда бичIчIулареб жо гьересилъун рикIкIунге», - ян.

ГIусманил заманалда ккараб гъалмагъиралъе гIилла щибха букIараб? Гьеб букIана исламалъул гIурхъаби гIатIид гьари. Къуватаб Византияги Персияги бусурбанлъана. Исламалъул тушбабазда бичIчIана къватIисеб къуваталдалъун ислам къезабизе кIолареблъи ва гьез байбихьана диналде гъорлъе лъугьине, гьеб жанисан тIагIинабизе, питна бекьизе.

Гьединазул цояв вукIана, ислам босараб ххвелги гьабун, ГIусманида данде гIадамал ахIулев мунапикъ ГIабдуллагь ибн Саба. Гьесги гьесда нахърилълъаразги байбихьана жидерго пикраби хадур гъоларел жалазде инкар гьабизе ва бусурбабазул лъабабилев халип чIвазе кколин хIукмуцин гьабуна.

ЗулхIижаялъул 18-абилеб рузман къоялъ, талихIкъосарал гIадамал, халипасул рокъоре кIанцIана ва кIалги ккун Къуръан цIалулев вукIарав гьев чIвана.

Диналъул тушбабаз кидаго хIалтIизарулел рукIарал къагIидаби, жакъа нилъедаги рихьулел руго. Диналда нахъаги рахчун, гьединаз гIайибал гIунтIизарулел руго цIаларал чагIазде, имамазде. Гьезул мурадги ккола муъминзаби рикьизари, гIалимзабазда божилъи гьечIолъи бижизаби, гьел цоцазда данде ахIи.

Гьеле гьедин гьабулеб букIана ГIабдуллагь ибн Сабацаги.

Кинабго жоялъулъ букIуна жиндирго хIикмат. Гьаб хIакъикъаталъул хIикматги ккола гьединал гIадамазул гъалатIал такрар гьаризе нилъеца бегьулареблъи бичIчIи.

Пуланай гIадан ячIуна имамасухъе ва кьола суал. Гьес гьелда гьикъула: «Дица дуе жаваб Къуръаналдасайищ кьелеб яги имам Маликил каламалдасайищ?» - абун. Гьелъ жаваб кьола: «Имам Маликил каламалдаса кьейин, щайгурелъул, гьесда, дидасаги дудасаги Къуръан лъикI бичIчIулеб букIанин», - абун. Гьединабго жо ккола нилъер гIалимзабазулги, гьезда Къуръан лъикI бичIчIула. Нилъер нухмалъулез бицунебщинаб буго Къуръаналда ва суннаталда рекъараб, амма нилъерго жагьиллъиялъ нилъеда гьеб бичIчIуларо.

ГIалимзабазул хIукму бичIчIизе кIолеб гьечIони, ракIалдещвезабе имам Гъазалиясул рагIаби: «Дуда бичIчIизе кIолареб жо гьересилъун рикIкIунге», - ян абурал. Жакъа киданиги букIинчIеб къагIидаялъ нилъее хIажат руго ритIухъал ва лъай бугел нухмалъулезда сверухъ цолъизе, исламалъул тушбабаз жидерго хIалихьатал мурадазда рекъон нилъ хIалтIизариялдаса цIунизе.

 

 

АхIмад Баширов, Гъизилюрт шагьаралъул имамасул кумекчи

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...