Аслияб гьумералде

ГIамал цIикIкIинабулеб моцI

ГIамал цIикIкIинабулеб моцI  

ГIамал цIикIкIинабулеб моцI

Хирияб рамазан моцI тIаде щведал, щивав муъминчиясул ракI цIилъула рохелалъ. Гьаб моцI нилъее буго гIицIго кванил нигIматаздаса инкар гьабилъун гуреб, Халикъас кьураб баракат гьарзаяб сайгъат, рухIияб бечелъи тIегьалеб заман, ТIадегIанасул гурхIелалъ махлукъат сверун ккураб гIуж.

 

Хирияв аварагас ﷺ абун буго: «РекIелъ имангун, Аллагьас кири гьабиялде хьулги лъун, рамазан моцIалъ кIал ккурав чиясул мунагьал чурула», - абун. (Бухари, Муслим).

Гьаб буго Алжаналъул каваби рагьулеб, жужахIалъул нуцIби рахалеб, шайтIаби рахсазда ралеб моцI. ШагIбан моцIалъул ахирисеб къоялъ умматалде хитIаб гьабун Аллагьасул Расулас ﷺ абунин Салманул Фарисиясдасан бицун буго: «Нужехъе бачIана кIудияб, цIакъ баракатаб моцI, жиндилъ азарго моцIалдасаги хирияб сордо бугеб. Гьеб моцIалъулъ Аллагьас ﷻ тIадаблъун гьабун буго къад заманалда кIал кквезе, сардилъ таравихIалъул суннатаб как базе. Гьеб моцIалъ жиндиего бокьун лъикIаб гIамалги гьабун Аллагьасде гIагарлъизе бокьарав чи вугони, гьесие лъагIалил бокьараб цоги заманалда паризаяб гIамал гьабураб гIадаб кири букIине буго. Паризаяб гIамал гьабурасе 70 парз тIубазабураб гIадаб кири щола. Гьеб буго сабруялъул моцI, унго-унгояб сабруялъе жазаъги Алжан буго. Гьеб буго гурхIел-рахIмуялъул моцI. Гьеб буго жиндилъ унго-унгояв муъминчиясул лъикIаб гIамал цIикIинабулеб. КIал ккурав чи, кIал биччалеб мехалда кваназавурасул мунагьал чурула, жужахIалъул цIаялдаса хвасар гьавула, гьесие ккураб кIалалъухъ щваралда релълъараб кириги щола, досие щвараб дагьабниги мукъсанги гьабичIого. Гьеб буго жиндир тIоцебесеб бащалъи Аллагьасул гурхIел-рахIматлъун бугеб, кIиабилеб - мунагьал чурилъун, ахирисеб бащалъи - жужахIалъул цIаялдаса хвасарлъилъун бугеб…», - абун.

ХIадисул къудсиялда ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абун буго: «Адамил лъимадул щибаб гIамал буго жиндиего гIоло гьабулеб, кIал хутIизегIан, гьеб Дие гIоло гьабулеб буго, гьелъухъ жазаъги Дица гьабила», - абун. Гьелъие баян гьабун гIалимзабаз хъван буго, кIалалъухъ лагъасе гьабизе бугеб жазаъ бугин гьедигIанги кIудияб, цохIо Аллагьасда ﷻ гурони жиб лъалареб абун. КIал ккурав чиясе буго кIиго рохел: кIал биччалелъул ва БетIергьангун ﷻ данделъараб мехалъ.

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...