Аслияб гьумералде

Рецц гьабизе тӀадаб буго

Рецц гьабизе тӀадаб буго

Рецц гьабизе тӀадаб буго

Нилъеда тӀадаб борчлъун ккола кьурал нигӀматазухъ Аллагьасе ﷻ щукру гьаби. Къуръаналда, 70 бакӀалда, рехсон буго щукру гьабизе ккеялъул хIакъалъулъ. Хирияб Къуръаналда буго (магӀна): «Аллагьасе ﷻ щукруги гьабуни иманги лъуни, Гьес нужее гIазаб гьабуларо», - ян. (Сура «Ан-Нисаъ», аят 147)

 

Гьаб хӀужа гӀеларищ нилъее щукру гьабизеги иман лъезеги нилъеда тӀадаб букӀиналъе.

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ хирияб Къуръаналда рехсон буго гьадинаб магIнаялъул аят: «Нужеца щукру гьабуни, Аллагьас нужее цӀикIкӀинабизе буго», - ян. («Ибрагьим», аят 7)

Нилъеца щукру гьабулеб бугони, Аллагь ﷻ разилъула. Аллагьас ﷻ Къуръаналда абун бугелъулха (магIна): «Нужеца щукру гьабуни, Аллагь нужедаса рази вукӀуна», - ян. (Сура «Аз-Зумар» аят 7)

Гьелъ гурищ тасавуфалъул агьлуялъги Аллагьасул ﷻ вализабазги малъулеб гьал рагӀаби абизеги: «Илагьи анта макъсуди ва ризака матIлуби», - ян. МагӀна: «Я дир Аллагь, Мун лъай, Дуде щвей буго дир къасд лъураб, Дур разилъиги буго дица тӀалаб гьабулеб жо», - ян.

ТӀоцебе нилъеца БетIергьанасе ﷻ рецц гьабизе ккола бусурбанаб агьлулъун рижун ратиялъухъ. Гьелдаса кӀудияб нигӀматги щибха букӀинеб? Аллагьасда ﷻ кӀолеб букӀиндалха нилъ купруялда рижизаризеги.

Нилъеца кӀвар гьабичӀого тола гIадатиял жалазухъ щукру гьаби. Масала, беразда канлъи бихьи гӀадаб, гӀундузда рагӀи гӀадаб. Гьелъин рекъараб бугеб, щибаб нигӀмат ракӀалде щвезабун, рецц гьабизе.

 

 

 

 

Аварагас ﷺ нилъеда малъун буго Аллагьас ﷻ кьурал нигӀматал лъалеб куц. Гьес ﷺ абуна: «Нуж балагье нужедасаго гӀодорегӀан ругезухъ, ай мискинзабазухъ. Нуж балагьуге нужедасаго тӀадегӀан ругезухъ, ай рес бугезухъ», - илан.

Нилъ балагьани нилъее кьурал нигӀматал Аллагьас ﷻ кьечӀел чагӀазухъ, нилъеда бичIчӀула кигӀан кӀудиял нигӀматал кьун ругелали. Гьеб мехалда щукруги гьабула Аллагьасе ﷻ гьел нигӀматазухъ.

ХӀакъикъияб щукру гьаби АлхӀамдулиллагь абун кӀалалъ абийищха кколеб? Гуро, хӀакъикъияб щукру гьаби ккола Аллагьас ﷻ нилъее кьурал лугбал, хIалтӀизе рихьизарурал бакӀазда хӀалтӀизари. Мисалалъе, Аллагь ﷻ рехсезе мацI, хӀалалаб рахъалде ралагьизе берал, Аллагьасул ﷻ нухда хӀалтӀизаризе кверал, гӀибадаталъе рилълъанхъизаризе хIатIал ва гьединго цогидалги.

Аллагьас ﷻ тавпикъ кьеги киназего хӀакъикъияб куцалда щукру гьабун лугбал хӀалтӀизаризе

 

 

МухIаммад СалихIилаев, ТIасаколоб росдал имам, Шамил район

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...