Аслияб гьумералде

ЧIухIи гьабиялъул зарал

ЧIухIи гьабиялъул зарал

ЧIухIи гьабиялъул зарал

Хириял диналъул вацал ва яцал, цоги нухалда ракIалде щвезабизе бокьун буго чIухIи гьабиялъул бугеб заралалъул хIакъалъулъ.

 

Дида ккола чIухIи бугин иман загIипав, жагьлу цIикIкIарав чиясул гIамал. Аллагьас ﷻ нилъ рижун руго лъел къатIраялдаса. Руссинеги руго цого къагIидаялъ ракьулъе. Нилъер къаркъалабиги туризе руго. Гьединав чи щайха чIухIулев?

ЧIухIи гьаби ккола нилъеца гьабураб лъикIаб гIамал бухIулеб жо. Къуръаналда абулеб буго (магIна): «Мун ракьалда хьвадуге чIухIун, дуца ракьги бихъичIо гьелъул тIиноялда ваккизелъун ва мугIрузул тIогьивеги вахинчIо дурго халалъиялъ», - ин (суратул «Исраъ» 73 аят).

Имам Муслимица бицараб хIадисалда буго: «Алжаналде лъугьунаро рекIелъ чIухIиялъул цо заррагIанасеб жо бугев чи», - ян.

Жакъа гIалимзабаз гIемерал насихIатал гьарулел руго, амма нилъеца гьеб къабул гьабулеб гьечIо. Щайгурелъул нилъ чIухIи абураб унтуца унтун рукIун.

Паналъулеб жоялдалъун чIухIи гьаби кутакаб жойищ бугеб, чIухIарав чи гIодовегIан гьавичIого теларин Аллагьасги абун букIаго. Жиндие гIоло дунял бижарав МухIаммад ﷺ аварагас щайха гьабичIеб дунял? Аварагас ﷺ жиндаса рухI батIалъилелде, кисиниб хутIараб анкьго диргьам садакъаде кьейин абун буго.

Абубакар-асхIабас абун буго нуж цIунейин чIухIиялдаса, ракьалдаса вижарав, ракьулъе вуссине ва ракьулъ бугеб хIапараялъ кваназеги вугев чи кинин чIухIулевин абун.

Имам Гъазалияс абун буго, чIухIи кколин чиясда жиндаго жив кутакав чилъун вихьи. Гьединас абулин «дунго дунилан». Гьебги бугин иблисалъ абураб жо, Адам аварагасе сужда гьабейин абун амру гьабидал.

Аллагьас ﷻ нилъ киналго гьелдаса рикIкIад гьареги.

 

ИсмагIил МухIаммадов, ЦIумада районалъул Метрада росдал имам

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...