Аслияб гьумералде

Щула гьабе

Щула гьабе

Щула гьабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ бусурбанчиясда тIадкъарал исламалъул рукнабазул цояб ккола как бай. Аваргасде ﷺ хитIаб гьабун Аллагьас ﷻ Къуръаналда абулеб буго (магIна): «Дица киналго женал ва гIадамал рижинчIо жидеца Дие ﷻ лагълъи гьабизе гурони. Дие гьездаса кинабгIаги ризкъиги бокьун гьечIо, гьез квен-тIех кьеялде хIажатавги гьечIо», - ян. (Сурату «Аз-Зарият», аят 56-57)

 

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ нилъ рижун руго Аллагь ﷻ цо вукIин лъазе. Гьес ﷻ рижарал, хьихьулел ва хвезарулел цохIо вати тIадав Аллагь ﷻ вукIин лъазе. Ахираталда тIаде рахъине гьарун, жидер хIисаб-мизан гьабулев ва жидее жазаъ гьабулев хан цохIо Аллагь ﷻ вукIин лъазе. Гьеб хIалалъ Аллагь ﷻ лъараб мехалъ жидеца кинабго заман Гьев ﷻ разилъи тIалаб гьабун, Гьесие ﷻ гIибадат гьабун инабизе ккела.

Къойил балеб щуябго какги, закагIат-сахI бахъиги, рамазан моцIалъ кIалал кквейги, хIеж гьабиги гьелда къокълъун гIей гьабулеб жо гуро гIибадат. ХIакъикъаталдаги гIибадат буго инсанасул гIумру. Бусурбанчиясе гьими, лъикIаб рагIи аби, квербакъи, ай сверухъ ругездехун берцин вукIин, гьеб кинабго инсанасе кири щолеб жо буго. Амма бищун кIвар бугеб гIибадат ккола Аллагьас ﷻ тIадкъараб къойил балеб щуябго паризаяб как. Исламалъул авалалда бусурбазда, жакъа нилъеда гIадин, щуябго как тIадкъан букIинчIо. Цо рагIиялда бан гьез къоялъ балаан кIиго ракагIаталъул как. Жеги абула, радал кIиго, къаси кIиго балаанилан. Балеб къагIидаги батIияб букIана.

Гьавураб къоялдаса нахъе МухIаммад аварагас ﷺ гIемерал захIмалъаби хIехьезе ккана. Аварагасул ﷺ эмен хвана гьев гьавилалдего, эбелги хвана гьес 6 сон бараб мехалда. Цинги эбел хваралдаса 3 сон индал ирга щвана гьесул ﷺ хирияв кIудададе. Гьедин, жеги гьитIинав чи вукIаго МухIаммад авараг ﷺ тIубанго бесдаллъун хутIана.

Авараглъун вахъараб мехалъги захIмалъаби жеги цIикIкIана. Къурайшиязул рахъалъан тIадекIанцIи цIикIкIиндал, Аварагасе ﷺ бокьана ТIаифалде гьижра гьабизе, гьезгIаги берцинаб хIалалъ къабул гьавилев ватилин абураб хьулалъ. Амма гьез къабул гьавичIо. Гьелде тIадеги, гIантал гIадамал ва гIисинал лъимал тIамун, кутакаб заралцин гьабуна. Хадуб гьес ГIайшатида бицана гьеб букIанин жиндир гIумруялъул бищунго квешаб къоян.

Гьедин захIматго, ракIбакъван вукIаго Аварагасе ﷺ хасаб сайгъат гьабун Аллагьас ﷻ живгун дандчIвазе мигIражалде ахIана. Гьенив Аварагасда ﷺ Аллагь вихьана. Гьединаб нигIмат Аварагасе ﷺ гурони тIокIасе кьун букIинчIо. МигIражалда Аварагасда тIоцебе тIадкъана къойил 50 как базе.

Аварагасда ﷺ гьеб сапаралда дандчIвана Муса авараг ва гьединго гIемерал цогидал аварагзабиги. МухIаммад аварагасда ﷺ къойил 50 как базе амру гьабун бугин Мусада рагIидал, гьес абуна: «Дида бихьараб буго гьеб. Нилъер умматал релълъарал руго гIамал-хасияталъул рахъалъ. Дур къавмалда гьеб баччизе кIвезе гьечIо. Нахъвуссун а, ва Аллагьасда ﷻ гьаре тIадкъай бигьа гьабеян».

Гьеб хIалалъ каказул къадар ахиралда щугоялде ккезабуна. ИчIго нухалъ ана Авараг ﷺ Аллагьасухъе каказул къадар дагь гьабеян гьаригун.

Мусаца насихIат гьабуна Аварагасе ﷺ Аллагьасда гьарейин каказул къадар жеги дагь гьабеян, гьел тIуразе бигьа букIунарелъул, амма Авараг ﷺ жеги цоги нухалъ ине нечана. КватIичIого Аварагасда ﷺ бицана щуго как баралъухъ 50 какил кири щвезе бугин.

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абулеб буго (магIна): «Нужеца Авараггун, гьесул асхIабзабигун цадахъ как бай, паризаяб закагIатги кье, рукугI гьабулел чагIазда цадахъ рукугIги гьабе», - ян. (Сура «Ал-Бакъарат», аят 43)

МигIражалда Аварагасда ﷺ Аллагь ﷻ вихьи гIадаб рахIат я ахираталда, я гьаб дунялалда инсанасе тIокIаб букIунаро. МигIражалда хадуб кидадай какил заман щвелебилан вукIунаан Авараг ﷺ.

ГьедигIан кIвар бугеб как тIаса-масаго тезе нилъеца бегьуларо. Лъималаздаги квешаб-лъикIаб батIабахъизе лъалеб гIелалде рахиндал абила как байилан абун. Как баралъухъ сайгъатал гьарун, диналдехун рокьи бижизабила. ГьитIинаб къоялъ малъараб гьезул рекIелъ бессула.

 

МухIаммадхIабиб ХIажиев, Миякьо росдал имам

2026-07-15 (Сафар 1448 с.) №14.


Куркъиялъул пайда

Риидалил заман тIаде щведал базараздагун тукабазда загьирлъула бищунго хириял нигIматазул цояб - куркъи. Гьелъул къимат гьабула лъикIаб махIалъухъ, гьуинаб ва беэнаб тIагIамалъухъ. Амма куркъи ккола тIагIамаб гьуинлъи гуребги, сахлъиялъе гIемерал пайдаял жал гъорлъ бугеб къиматаб кванил...


ГIицIцIаллъун рачIуна ва уна

Цо нухалъ Абу Язид БастIамияв лъугьана пуланаб бакIалъул мажгиталъуве ва гIодов чIана цо факъигьасда сверун гьабураб горсвериялда гьоркьов. Данделъараз гьев гIалимасе кьолел рукIана батIи-батIиял суалал. Цояс цIехана пуланабги пуланабги жо нахъеги тун хварав чиясул ирсалдасан.   Цинги гьев...


Аварагасул ﷺ гIибадат

Аварагас ﷺ гIибадаталда тIадчIей гьабулеб букIана. ГIемер тIадчIей гьабураб гIибадатазул цояб ккола кIалкквей. ГIабдуллагь ибн Шакъикъидасан бицана: «Дица ГIаишатида гьикъана Аварагасул ﷺ кIалалъул хIакъалъулъ.   Гьелъ абуна: «Гьес кIал гIемер кколаан, хIатта нижеца абизегIан:...


Румазул ханас Абусуфяние кьурал суалал

Жиндаго цевегIанги вачIинавун, румазул ханас Абусуфянида гьикъана: «Аварагилан жинца дагIба балев чиясул нужеда гъорлъ насаб щиб бугеб?» - абун. Абусуфяница абуна: «Насаб бищун бацIцIадаб буго», - ян.   КIиабизеги ханас гьикъана: «Досдаса цеве, дос бицунеб...


«Юсуф» сура

ТIадегIанав Аллагьас хирияб Къуръаналда абулеб буго (магIна): «Дуца бице, Авараг ﷺ, дурго къавмалъе Юсуф аварагас жиндир эмен ЯгIкъуб аварагасде абураб: «Я, дир эмен, дида бихьана макьилъ анцIила цо цIва ва бакъги моцIги. Дида гьел рихьана зодоса гIодореги рещтIун, дие сужда...