Аслияб гьумералде

Лугбуздаса садакъа

Лугбуздаса садакъа

Лугбуздаса садакъа

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ инсан вижун вуго кутакалда камилаб хIалалда. Аллагьас ﷻ инсанасул черх гIуцIун ругел лугбазул ва тIубараб гIуцIиялъул рагIа-ракьанде щун пикру гьабун бажаруларо.

 

Цо имамасухъе вачIуна пуланав чи ва гьес абула: «Дица чIужуялда абуна, зодиб бугеб моцIалъулгIан берцинлъи дур батичIони, дица дуда цIар тIамунин абун. Лъазе бокьун буго нижер цIар ккарабищали?» - ян цIехола гьес. КкечIин имамас абидал, хIужа тIалаб гьабула пуланас. Цинги имамас гьесие Къуръаналъул аят цIалула (магIна): «Дица инсан вижана бищунго берцинаб сипаталда», - ян. (Сура «Ат-Тин», аят 4)

Инсанасул черхалда рагIула 360 лага-сан. Щибаб къойил шукруги гьабун, гьел лугбазул щибалъухъ инсанасе лъикIаб буго садакъа кьезе.

Жинда Аллагь ﷻ разилъаяв Абу Гьурайратидасан бицараб хIадисалда буго: «Аллагьас инсанасе кьураб лага-саналъухъ щибаб къойил садакъа кьезе ккола», - ян. Садакъайин абулеб жо кколаро гIицIго боцIи-малалдалъун кьолеб. Хирияв аварагас ﷺ малъун буго, нилъер лугбуздаса садакъа лъикIал гIамалазги бачунин абун.

СалихI аварагасул заманалда цо чи вукIана цIакъ гIадамазе зарал гьабулев. Гьев чи гьалаг гьавеян дугIа гьабейин абун СалихI аварагасде аскIоре рачIуна гьесул къавм. Цинги СалихI аварагас абула гьев чи тIаса восагийн дугIа гьабизе бугилан.

Гьевги вукIуна цIулги бакIарун, гьебги бичун бетIербахъи гьабулев чи. Цо къоялъ рохьове цIул бакIаризе унаго, кваназелъун кIиго панкъ босула гьес цадахъ. Цояб кванала гьес, цогидаб садакъаде кьола. Бакъанил гIужалда нахъвуссунаго СалихI авараг дандчIвала гьесда. Гьесие щибго жо ккун гьечIолъи бихьидал, гIажаиблъун хутIула СалихI авараг. АскIовеги ахIун СалихI аварагас гьикъула: «Жакъа дуца, цебе гьабулеб букIаралдаса, батIияб жо щиб гьабураб?» - илан. Гьес абула панкъ садакъаде кьунилан. Цинги СалихI аварагас абула: «Дуца баччун бугеб цIулал магьалда жаниб бугеб борохь мун чIвазелъун битIараб букIана Аллагьас ﷻ, цинги дуца садакъа кьеялъ Аллагьас ﷻ мун гьелдаса хвасар гьавуна», - ян.

АсхIабзабаз аварагасда ﷺ цIехола мацIалъул садакъа щиб кколебилан абун. Аварагас ﷺ абула: «Бищун лъикIаб садакъа мацIалъ гьабулеб ккола», - ян. Гьеб кинаб садакъа кколебин жеги цIехедал, гьес ﷺ абула: «Дур мацIалдалъун балагьалде кколев вукIарав чи хвасарлъи, гьединго, тIезехъин букIараб би тIечIого хутIи, диналъул вацасдехун лъикIаб кIалъаялъ мун кIалъай, гьесдаса цо балагь-къварилъи дур кIалъай сабаблъун тIаса боси», - ян.

ХIадисазда рехсараб кинниги кIиго чиясда гьоркьоб маслихIат гьаби цIакъ захIматаб жо буго. Рос-лъадуда, тухум-кьибилалда, гьудул-гьалмагъасда, гIагарлъиялда ва гьелда релълъарал бакIазда маслихIат гьабиги бигьаяб жо гуро. Чанги ккола маслихIат гьабулев чи рихиналъул ва жалго рекъеялъул лъугьа-бахъинал. Амма кутакалда инсанасе кири щолеб жо буго гьеб. ТIадегIанав Аллагьасги ﷻ Къуръаналда абун буго (магIна): «Киналго муъминзаби цоцазе вацал руго. Гьедин бугелъул, нужеца нужер кIиго вацасда гьоркьоб рекъел гьабе. Нуж Аллагьасдаса хIинкъа. Гьесул гIазабалдаса хIинкъун Аллагьасде гIасилъуге. Гьедин нуж хьвадани, нужеда Аллагь гурхIизе вуго», - ян. (Суратул «ХIужурат», аят 10)

ХIасанидасан бицана аварагас ﷺ абунин: «Къиямасеб къоялъ Аллагьасда аскIор бищун лъикIал руго гIадамазда гьоркьоб рекъел гьабурал», - илан. ТIахьазда хъвалеб буго гIадамазда гьоркьоб рекъел гьаби бугин инсан Аллагьасде ﷻ гIагар гьавулеб жо.

Нухдаса зарал гьабулеб жо нахъе босиги садакъа кколебго гIадин, гьениб зарал гьабулеб жо гьабичIого тейги садакъа ккола. ХIатта пихъ кьолеб гъветIцин нухда чIезе гьукъун буго. Цо миллиметргIанасеб къадарцин хIарималъул ракьалъул кквезе нилъер ихтияр букIунаро. ХIарималъул ракьалъул рокьогIанасеб къадар ккурав чиясда ахираталда анкьго гъат ракьул горбода базе бугин абурал хIадисалги руго.

Цо сахIабияс аварагасда ﷺ гьарула пайдаяб жо малъеян. Аварагас ﷺ абула: «Зарал бугеб жо нухдаса нахъе босе», - ян.

Лугбуздасан садакъа кьей зухIаялъул как баялъги, тасбихIалъги, бачунеб зикруялъги, нилъеца гьабулебщинаб лъикIаб гIамалалъги жанибе бачуна.

 

ГIусман Салисгереев, Ленинаул росдал имам

 

 

2026-08-01 (Сафар 1448 с.) №15.


Алмахъалда - мажлис

Казбек районалъул Алмахъ росулъ тIобитIана цолъиялде ва умумул ракIалде щвезариялде халкъ ахIараб мажлис. Гьениб бицана Дагъистаналъул тарихалда алмахъаз лъураб бутIаялъул, Кавказалъул рагъул заманалда алмахъаз бихьизабураб бахIарчилъялъул ва гьел кидаго Шамил имамасда цадахъ рукIиналъул...


ЦIалул соналде

ХIурматиял бусурбаби, щибаб цIалул сон тIаде щолаго нилъеца бицен гьабула лъималазе лъай кьеялъул бугеб хиралъиялъул хIакъалъулъ. Хасго исламияб лъай кьеялъул кIваралъулги цIакъго мухIкан гьабун бицунеб гIадат букIана.   Гьале исанаги тIаде щволеб буго гьебго цIалул заман. Амма гьаб...


Нужее баяналъе

  Аллагьас ﷻ тIоцеве витIарав расул щив? – НухI авараг. Гьев вугев заманалда щиб ккараб дунялалъе? – Дунял гъанкъана. Аварагзабазул рикIкIен рехсараб аят щиб? – Сура «ан-Ниса». Щиб сураялъулъ кIиго нухалъ басмала рехсараб? – Суратул...


Шукру гьабулищ?

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абун буго (магIна): «Гьеб къоялъ нужеда гьикъизе буго дунялалда Аллагьас ﷻ кьурал нигIматал кин харж гьаруралин абун». (Сура «Ат-Такасур», аят 8)   Гьаб къокъабго аяталда жаниб щивав чиясе пикру гьабизе бакI буго. ГӀумруялда жаниб...


Къарзалъе щиб бугониги кьей

Къарзалъе гIарац кьей хирияб ишги нилъер Аварагасул ﷺ суннатги буго. Амма налъи бецӀи ккола тӀадаб жо. КигӀан ритӀухъав вукӀаниги, налъи бецӀизегӀан яги къарз кьурав чи тӀаса лъугьинегӀан, гьеб тӀаса кколаро. Гьединлъидал, бусурбанчиясе рекъола кIванагIан къарзалъе жо босичIого тезе, чарагьечIеб...