Аслияб гьумералде

Таваккалав инсан

Таваккалав инсан

ХIурматиял бусурбаби, нилъ жанир ругеб заман буго лъикIаб хабар дагьаб гурони рагIулареб, халкъалда гьоркьоб кьал цIикIкIараб. КигIанго гьедин бугониги, бокьун буго нужер ракIал лъикIаб хабаралдалъун рохизаризе.

 

Гьаб заманалда гIадамазда гьоркьоб гIемерисеб дагIба-къец, цоцазул ракIхвей ккола даран-базар сабаблъун. Гьеб сабаблъун гIагарлъи тIола, хола божилъи. Эбел-яс, эмен-вас, магIишат сабаблъун, цоцаздаса рикIкIалъула.

Амма дица нужее бицинехъин бугеб хабар ккола гьелъул гIаксияб.

Цо къоялъ редакциялде ахIун бачIана гIурус мацIалда кIалъалев гIолилас. Гьес бичIчIизабуна жиндие пуланав чиясе баркала кьезе бокьун бугин. Мун щиб миллаталъулин цIехедал, жаваб гьабуна жив кколила Дахадаев районалъул Ираги росулъа. Гьеб буго дарги миллаталъул район. Гьаб редакция магIарул мацIалда бахъулеб газеталъул бугин, мун дарги мацIалда бахъулеб газеталъул редакторасухъе кIалъазе кколинги абун, гьесул телефоналъул номер кьезейин лъугьиндал, гьес абуна жиндие магIарул редакция хIажат букIанин абун.

МикагIил МухIаммадов

Гьедин батани вачIайин редакциялдеян абуна нижеца. ГIемер заман гьоркьоб иналдего вачIана гьев гIолилав редакциялде. Щиб-кин абун кIалъалелъул, гьес бицана, жинца босун букIанин машина магIаруласухъа. Гьебги бачун республика бахун къватIиве индал, гьелъул документазул иш битIа-бишун гьечIинги абун, полициялъулаз нахъе бахъанила машина. ГIедегIун-чIван жив гьеб босарасухъе кIалъанила. БитIараб бицани, гьес лъикIаб жаваб кьеялда щибго божиги букIинчIила.

Ккара-тарабги бицун гьесухъе кIалъайдал, щибго хъачIаб каламги гьабичIого, жив кIиго къоялдаса щолин шагьаралдеянги абун, гьенир данделъизе къотIиялда танила хабар. ЦIараб заманалда вачIарав гьес, щибго инкарги гьабичIого, жиндир цогидаб машина бачейин абунила. Балагьараб заманалда гьесда щибго лъалеб жо букIун гьечIо гьеб машинаялъул документазул хIакъалъулъ.

Цебе бичаралдаса гьаб дагьаб хирияб букIун, гьелъухъ гьоркьоб ккараб 100 азарго гъурущ тIадеги кьун, бачейин абуна гьес. БитIараб бицани, кодоб гьеб гIарацги букIинчIого, налъуда босизеги бокьичIого, жинца абунила гIарац тIадбуссинабуни гурони гьеб босизе хIалкIвеларин.

- Цинги гьес гьарана гьаб машина бичун инегIан заман кьейин жиндие. Гьабуна къотIи кIиго моцIидаса бащдаб гIарац, хадусеб кIиго моцIидаса хутIарабги кьезе.

Ираги росулъа МухIаммад

Гьединаб къотIигун рокъове щведал, лъалел-хъвалел лъугьана диде гIайиб гьабизе, кьоларин гьес, доб машинаги бачун вачIине кколаанин мунилан абун. Амма дирго ракIалъ ахIулеб букIана божилъи гьабизе. Кин бугониги, сверухъ ругезул харбаз ургъел ккезабичIогоги хутIичIо. Унго-унгояб божи дирги кинабха букIинеб? Ана цIараб заман ва гьабураб къотIиялда рекъон бащдаб гIарац щвезабуна гьев гIолилас дихъе. Гьединго хадусеб бутIаги тIадбуссинабуна.

БитIараб бицани, дун хIайранлъана гьесул ритIухълъиялда. Дида лъана гьев мурид вукIинги. РакI-ракIалъ абуни, дирго гIагарав чияс гьедин ритIухълъи цIунизе букIарабищали лъаларо. Гьелде тIадеги, гьес абуна дуе зарал кканин саламатаб заманалъ балагьун чIезавиялдалъун, гьелъухъ дуего кколеб жо абейин, дун гьеб кьезе хIадурав вугин абун.

Гьединаб калам рагIидал, дунго дидасаго нечана.

ЦIех-рех гьабидал гьев ватана Болъихъ районалъул АнсалтIа росулъа МикагIил МухIаммадов.

 Гьанже дие бокьун буго «Ас-салам» казият гьоркьобккун гьезул районалъе, росдал жамагIаталъе ва гьесул кьибил-тухумалъе ракI-ракIалъулаб баркала загьир гьабизе, - ян бицана гьес.

Аллагьас цIунун хьихьаги нилъ киналго балагьаздаса.

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-08-01 (Сафар 1448 с.) №15.


ХIикматал махлукъатал

Квокка Квокка ккола унго-унголъунги гIажаибаб ва цIакъ хIикматаб хIайван. Гьелда абула «Ракьалда бищун талихIаб хIайваниланги». Гьаб ккола кенгуруялъул хъизамалдаса гьитIинабго хIайван. Гьелъул кIодолъи-гьитIинлъи буго гIага-шагарго рукъалъул катил гIадаб. Черхалъул халалъи: 40-54 см,...


РекIелъ букIунеб

РекIелъ букIунеб Бусурбанчияс жиндирго хасият-гIамал берцин гьабизе ккола. Аллагьасдаса хIинкъи буго бищун лъикIаб зад инсанас цадахъ босулеб. ТIадегIанав Аллагьасги ﷻ абидал, Гьесдаса хIинкъи (такъва) бищун лъикIаб задлъун бугин.   Къуръаналда буго (магIна): «…Бищун лъикIаб...


Муфтиясги гIахьаллъи гьабуна

Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афанди гӀахьаллъана РФялъул президентасул Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев вакил Юрий Чайкал нухмалъиялда гъоркь тӀобитӀараб данделъиялда. Гьениб гьоркьор лъун рукIана миллатазда ва диназда гьоркьоб рекъел цӀуниялъул ва гьеб щула...


Дагъистаналъул ГIалимзабазул совет

ДРялъул муфтияталда тӀоби-тӀана ГӀалимзабазул советалъул президиумалъул данделъи. Гьелда гӀахьаллъана ДРялъул муфтияталъул председатель Мурад ИсмагӀилов ва республикаялъул округазда ругел муфтияталъул вакилзаби. Данделъи рагьана ГӀалим-забазул советалъул председателасул ишал тIуралев КъахIиса...


Дагъистаналъул муфтияталъул вакилзаби щвана Беларусиялде

Беларусиялъул муфти Абубекир Шабановичасухъе гьоболлъухъе щвана Дагъистан Республикаялъул муфтияталъул делегация. Гьелъие нухмалъи гьабуна регионал церетӀезариялъул департаменталъул начальник АхӀмад Надирбеговас. Гьединго делегациялда гьоркьор рукӀана ДРялъул муфтияталъул пресс-хъулухъалъул...