Аслияб гьумералде

КIанцIизе кIолареб хIайван

КIанцIизе кIолареб хIайван

КIанцIизе кIолареб хIайван

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда гIемерал хIайванал рехсана. Гьездасан ккола пилги. Пилалда хурхун, Авараг ﷺ гьавизегIан ккараб лъугьа-бахъин рагIичIев чиги ватиларо.

 

Авараг ﷺ гьавилалдего рахъ-рахъаздасан гIадамал рачIунаан КагIба кIодо гьабун зияраталъе. Йеменалъул цевехъан Абрагьатие цIакъ данде кколароан гьеб ва ракIбахиллъун вукIунаан. Византиялъул бетIергун цадахъ гIадамаз зиярат гьабизелъун гьезги бана кIудияб килиса. Амма гIадамал гьелдаса хадурги КагIбаялде унаан зияраталъ. Абрагьатил гьеб пишаялъ кутакалда ццин бахъана. Авараг ﷺ гьавизе жеги кIиго моцI хутIидал, Абрагьатие бокьана КагIба-рукъ биххизе. КIудияб аскарги бакIарун, Мадина шагьаралъул рахъалдехун сапар бухьана. Гьесул аскаралъул бетIерлъиялда МахIмудин абун цIар бугеб кIудияб пилги букIана. КагIбаялде щолаго Абрагьатица гьеб биххизе айилан буюрухъ кьедал, пил бегана ва тIокIаб тIаде бахъинчIо. Гьеб гIужалъ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ лъаб-лъаб чIимихги кIалдиб ккун, Абабил абун цIар бугел хIанчIи ритIана аскаралде гьужум гьабизе. БотIродаса борлъун, хIатIаздасан бахъун бачIун чIинхаз аскар хIурде буссинабуна. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ тушбабаздаса КагIба-рукъ цIунана. Гьеб соналда цIарги тана «Пилалъул» сон абун.

Жиндир кIодолъиялда бан пилалде данде бачIунеб хIайван батиларо. ЦIакъ гIакъилаб хIайванлъунги рикIкIуна гьеб. Пилалъ гIумру гьабула Африкаялда ва Индиялда. Африкаялъулал чIахIиялги рукIуна. ТIомги гьезул биццатаб ва тIехIаб букIуна, амма гьарурал тIанчIазул тIомалда халатаб, керчаб рас букIуна.

Бищун гIажаибаб жо, гьеб хIайваналда бугеб сунтIур. 40 азарго ччобориялдаса гIуцIцIараб сунтIуралда жаниб цониги ракьа гьечIо. Кваназе кумекалъеги, цогидал хIайваназдаса жибго цIуниялъеги, лъим гьекъеялъеги кумекалъе хIалтIизабула сунтIур. ЧIахIия пилаз 5 литр лъел цIцIула сунтIуралъ ва цинги кIалдибе тIола, ялъуни черхалде пунхъула гьогьомизелъун. Кутакаб къуват буго сунтIуралъул. Цо тоннаялъул бакIлъи бугеб чIалоги, сунтIуралъги ккун, щибго къварилъи гьечIого гьелъ бокьараб бакIалде босула.

Индиялъул пилалъул сун-тIуралъул тIогьиб цо гьитIинаб килищ гIадинаб цIикIкIел букIуна, Африкаялъул пилалъул кIиго килищ букIуна. Гьезги гIиси-бикъинаб хIалтIи гьабула.

Пил берцин гьабулеб ва цIунулеб жо ккола гьелъул кIутIбузда гъоркьан къватIире кIанцIарал чIахIиял гажал. Пилалъул гажал гIумруялъ рижулелго рижулелги рукIуна. Гажаз ракь бухъула, гъотIол макъар батIа гьабула, рохти бегизабула. Гажалгун цадахъ пилалъул букIуна жеги ункъо гIус. ХъачIаб, ракь-хIургун цадахъ кваналеб гIурччинлъи букIиналъ, пилалъул гIусаз 8-10 сон гурони баларо. КIалдиб бугеб ункъабго гIус хведал, гьел хисун жеги цIиял рижула. Гьедин 6 нухалъ цIилъула пилазул гIусал.

Пил херлъун холаро. Ахиралда, анлъабизе рижарал гIусал хведал, пилалда кIоларо квен чIамизе. Гьеб сабаблъун квен биинабизе захIмалъула. Цинги заманалдасан пил хола. Гьединлъидал пилаз 60 сон гурони баларо.

Киналниги хIайваназда гьоркьоб цохIо пил ккола эхеде кIанцIизе кIолареб хIайван.

Къойида жаниб гьелъие къваригIуна 100 литр лъел. ГIалхуда лъим лъугIидал, пилаз гажазул кумекалдалъун, гъуял рухъула. ЧIахIияздаса байбихьун тартибалда гьекъола лъимги.

Пилалъ тIанчIи 10-15 соналъ хьихьула. ЧIахIиял цIуял пилаз гIисинал вац-яцалги хьихьула.

Пилазда бокьараб жо ракIалда чIола. Хасго кIочонаро жидеего гьабураб квешлъи. Чанго сон индал, бецIизецин рес буго. Гьелдаго цадахъ лъикIал бетIергьабиги кIочонаро.

 

Жабир Мажидов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...