Аслияб гьумералде

Нужеца гьездалъун ахIи бай

Нужеца гьездалъун ахIи бай

Цересел номеразда нилъеца байбихьи гьабун букIана Аллагьасул ﷻ берцинал цIарал рехсезе. Гьениб баян гьабун букIана тIоцебесеб лъабкъоялда анкьго цIаралъул.

68. Ас-Самаду - жиндие киналго мутIигIав, жиндир ихтияр гьечIого щибго гьабуларев, кинабго ишалъулъ жинде хIажалъулев, даимав, дунял-ахираталъул ишазулъ лагъзадерица жинде къасд гьабулев, жив сундего хIажалъуларев, даимав.

69. Аль-Къадиру - сундаго хIалкIолев, гьечIеб жо бижизеги, бугеб жо тIагIинабизеги хIалкIолев. ХIикматалда рекъон кинабго гьабулев.

70. Аль-Мукътадиру - лъидаго кIолареб куцалда халкъазул иш рекъезабизе хIалкIолев.

71. Аль-Мукъаддиму - цебе ккезабизе кколебщинаб цебе ккезабулев, цере ккезе мустахIикъал лагъзал цере ккезарулев.

72. Аль-Муаххиру - нахъе ккезабизе кколеб нахъе ккезабулев, капурзабиги, къосарал гIадамалги, нахъе ккезаризе кколел гIадамалги жиндие бокьухъе нахъе ккезарулев.

73. Аль-Аввалу - сундасаго цевесев, жиндаса цебе щибго жо букIинчIев, жиндир ватиялъе авал гьечIев.

74. Аль-Ахиру - халкъ паналъун хадубги нахъе хутIулев, нахъе хутIи даимав, кинабго пана гьабулев, ахирисев, жинда хадуб щибго жо гьечIев.

75. Аз-Загьиру - кинабниги жоялдаса бергьарав, тIадегIанав, жив вукIиналъе нугIлъи гьабулел хIужаби гIемерлъиялдалъун жив вукIин загьирав.

76. Аль-БатIину - загьирабго гIадин кинабго жоялъул балъгояб рахъги лъалев, жиндир асарал рихьулев, жив дунялалда вихьуларев, батIинав (балъгояв).

77. Аль-Вали - кинабго жоялда тIад кверщел гьабулев, жиндие бокьухъе, хIикматалда рекъон, кинабго билълъанхъулев.

78. Аль-МутагIали - гьерсихъабазул бугьтаназдаса тIадегIанав, рикIкIадав, халкъалъул ракIалде кколел васвасаздаса вацIцIадав.

ГIали МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...