Аслияб гьумералде

Рамазан моцIалъул нигIмат

Рамазан моцIалъул нигIмат

Къуръан-хIадисалда гIемер рехсараб пихъ ккола чамасдакI. Къуръаналда гьелъул хIакъалъулъ рехсей гьабун буго 20 нухалданиги. Аварагас ﷺ абун буго гьеб алжаналъул пихъ кколинги.

 

ЧамасдакIалъ квербакъи гьабула сахлъи щула гьабизе, гIакълу роцIцIинабизе. Ибну Мажагьица бицараб хIадисалда буго: «ЧамасдакI жаниб гьечIеб рукъ релълъуна квенго жаниб гьечIеб рукъалда», - ян. Цогидаб хIадисалда буго: «ЧамасдакI рокъоб бугел чагIи ракъиларо», - ян абунги (Муслим).

ЧамасдакI буго гIажаибаб пихъ. Гьелда абула сахлъи щула ва гIумру халат гьабулеб пихъиланги. Абула Китаялда ругин ригьалде рахарал чагIи, чамасдакI гуреб жо жидеца къанагIатги кваналарел.

Бухарияс бицараб хIадисалда буго: «Щибаб къойил радал анкь-анкь "Ажва" тайпаялъул чамасдакI кунев чиясе гьеб къоялъ загьруялъ яги сихIруялъ зарал гьабиларо», - ян.

 

Бакьазул хIалтIи

ЧамасдакIалъ квен бихIин лъикIлъизабула. Гьелъулъ бугеб клетчаткаялъ лъикIлъизабула бакьазул хIалтIи ва гьел заралиял жалаздаса цIунула.

Зама-заманалдасан гьеб кванаялъ кванирукъалъулгун бакьазул нухазда лъугьунел гьороялъул процессал лъугIизаризе кумек гьабула, унтаби лъугьинарулел заралияб микрофлораги бакъвазабула. ХIадисалда буго: «Нужеца радал мачIикьаго кванай чамасдакI, щайин абуни гьелъ цунтрул хвезарула», - ян («Канзул гIумал»).

Гьелъ кумек гьабула бавасур сах гьабизеги гъиз гьабизе кIоларого ругезеги.

 

ГIадалнах

Витаминаздалъун бечедаб букIиналъ гьелъ лъикIаб асар гьабула централияб нервабазул гIуцIиялъул хIалтIиялъе. ГIемер ургъиялъ бетIер свакаразеги кваназе бихьизабула. Низамалда кваналеб бугони, бачIинабула цIодорлъи, лъикIлъула ракIалда жо чIей ва цIикIкIуна гIакълу.

Рак унти лъугьиналде дандеги къеркьола гьеб.

Пайдаяб буго лъимаде ругел ва гьеб хахизабулел руччабазеги.

Антиоксидантаздалъун ва черх рукIалида хIалтIизабизе хIажатал гIуцIабаздалъун бечедаб букIиналъ, чамасдакIалъ цIунула рас, малъ, кумек гьабула тIом цIвакун чIезабизе.

 

Рукьби

ЧамасдакIалъулъ ругел микроэлементаз щула гьарула рукьбузул тканал. ЧамасдакI бечедаб буго медь, селен, магний, калий, кальций, цинк ва фтор гIадал химиялъулал элементаздалъун. Гьезул пайда щола цаби-гIусазе, хIалае чIола ракьа лъугьунелъул ва гьезда унтаби ккей гьукъизе. Санаде рахиндал рукьбузда раккулел картIахинал лъугьине тунгутIизеги кумек гьабула.

 

РекIелгун бидурихьазул гIуцIи

ЧамасдакIалъулъ ругел калий ва магний гIуцIабаз лъикI гьабула рекIел ччорбазул хIалтIи, щула гьарула бидурихьал. Низамалда гьеб кванаялъ рукIалиде бачIинабула бидул кьабгIи. ЛъикIаблъун бихьизабула инсульталде данде профилактика хIисабалда хIалтIизабизеги.

 

Зарал

Черхалъ къабул гьабулеб батани, чамасдакI кваназе бегьула щибаб къойил. Кванирукъалда яги бакьазда унти бугел чагIазе цадахъго гIемераб къадаралда кваназе лъикIаб гьечIо. Пихъазде аллергия букIунезги, хиса-баси кьолеб бугищали хIалбихьун гурони, кваназе бегьуларо. Диабеталъ унтараз кваназе бегьулищали тохтурасда цIехезе ккола.

 

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...