Аслияб гьумералде

ГIолохъабазде муфтияталъул хитIаб

ГIолохъабазде муфтияталъул хитIаб

ХIурматиял вацалгун яцал, Дагъистаналъул гIолохъаби!

 

Нуж ккола бечедаб, хIурматияб тарихалъул наслаби, гIалимзабигун гIакъилзабазул, жидер тIубараб гIумруго лъикIлъиялъ жаниб бессун букIарал, къартIгун яхI-намус цIунарал бахIарзазул ирсилал. Нужер умумул кидаго рукIана къо хIехьеялъе, ритIухълъиялъе мисаллъун ва жакъа къоялъги гьединалго руго.

РекIее цIакъго захIмалъулеб буго нилъер гIолохъабазул гIахьаллъиялдалъун ккарал рагъ-кьалазул, тунка-гIусиязул хабар рагIараб мехалда. Гьединал лъугьа-бахъиназ жалго гIахьалчагIазул гIумру хвезабун, букIинеселде рагIад рехизабун зарал гьаби гуребги, рагIад рехулеб буго Дагъистаналъулго цIаралде ва нилъер хIурматиял умумузул машгьурал, бахIарчиял, гIакъилал ишазде.

Нижеца хитIаб гьабулеб буго умумуздеги, ай чIахIияб гIелалдеги. Нуж ккола нужерго лъималазул тIоцересел мугIалимзаби ва тарбиячагIи. Гьелгун цIакъ цIодорго рукIа, хIаракат бахъе гьезда жаниб лъезе цогидаздехун гурхIел-рахIму, чIахIияздехун адаб-хъатир. Нужерго лъимал гIезаре Дагъистаналъул бищунго лъикIал гIадатал, «унго-унгояв магIарулав» абураб кодекс, инсанасул хIурмат, адаб цIунараллъун.

Нилъер щивасе тапикъ кьеги халкъалъул мустахIикъав вакиллъун, хIурматиял умумузул къартI цIунаравлъун вукIине.

 

ХIурматгун, ДРялъул муфтият

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...