Аслияб гьумералде

ТIерхьана цоги цIва

ТIерхьана цоги цIва

ТIерхьана  цоги цIва

ГIалим хвей - гIалам хвей бугин абураб хIадис ракIалде щвезабула нилъеца цониги лъикIав чияс дунял тараб заманалда. Гьеб хIадисалъул магIна унго-унгояб куцалда хIакълъула тIарикъаталъул устарас панаяб дунял тун, абадияб ахираталде сапар бухьиндал.

Гьал къоязда нилъ пашман гьаруна накъшубандиябгун шазалияб тIарикъаталъул устар, Болъихъ районалъул Инхелоса Мансурил МухIаммад-афанди Аллагьасул къадаралде щванин рагIараб хабаралъ. Халатбахъараб унтудаса хадуб дунял тана хирияв аварагасул ﷺ хIакъав варисас. ХIакъикъаталдаги жиндир тIолабго гIумру Бичасул аварагасулалда ﷺ релълъарав, жиндир калам гьуинав, гьурмада гьими гурони жеги бихьичIев, тIабигIат берцинав ва хIалимав чи вукIана гьев мубарак.

СагIид-афандияс изну кьезе ахIараб заманалда тIоцебесеб дандчIвай ккун буго гьезул гIумруялда жаниб. СагIидафандияс абуна, гьелеха унго-унгояв муридин абун. Щайгурелъул цогидал цин цо устарасухъе, хадур цогидасухъе зияратаз хьвадулел рукIунелъул, гьеб иш гIемерго беццараб гьечIолъи баян гьабиялъе СагIид-афандияс Мансурил МухIаммад-афандиясул мисал бачана. Живго Мансурил МухIаммад-афандиясги абуна СагIид-афандиясул тIехь хъизамалъ цIалулелъул жинца гьоркьоб чIезабулаанила, гьесдехун рокьи цIикIкIинехъин букIун. Гьеб букIун буго гьев Бадрудинафандиясул мурид вугеб заман.

ГIумруялъул къокъаб баян

Накъшубандияб ва шазалияб тӀарикъатазул шайих, гӀалим, гӀабид Мансурил МухIаммадафанди гьавуна 1947 соналъ Мансурил Къурбанил хъизамалда, Болъихъ районалъул Гъоркьа Инхело росулъ. Гьесул эбелалъул кӀудияй эбел ккола Хираласулал абулеб тухумалъул, Аварагасул ﷺ наслуялъул гIадан. Гьесул эмен, Къурбан, цIакъ Аллагьасукьа хӀинкъарав муъминчи вукIун вуго. 24 сон барав чиясда, захIматаб унтуца унтарав гьесда, гьоболас абун буго жиндир кьарияб гьой бугин, гьвел гьан кванани мун сахлъулин абун. Гьес абун буго хӀарамаб жоги кванан гьабураб гIумру бокьиларилан. Гьелдаса хадуб бащдаб лъагӀел иналде хунги вуго гьев, мунагьал чураги гьесул.

Бицуна КӀудиясул эбел Хадижат цIакъ сахаватай, Аллагьасукьа хӀинкъарай ва кутакалда гӀибадат гьабулей муъминчӀужу йикӀанилан. Гьес лъабго сон байдал, эменги хун, эбелги росасе ун, бесдаллъиялъул кьогӀаб хинкӀ кваназе ккана. ГьитӀинаб мехалъго загьирлъула гьесулъ щулияб иманислам, яхІ-намус, адаб-хъатир. КигIан захIматаб заман бугониги цIалана гIелмуги. ГIелму цIализе къаси-къаси 8-10 километралъул нух тунги унаан аскIор ругел росабалъе. Гьединго гIелму цIалана РикIваниса мунагьал чураяв МухIаммаднур-хIажихъги.

Хъизан хьихьизе бетIербахъиялъе гIемер хьвадулаан даран-базар гьабизе Астраханалде. ТIоцебе жинде вахIю рещтIараб заманалда Бичасул авараг ﷺ соролаго къаркъалагун рокъове векерун вуго жив вахчизавеянги абун. Аварагасулалда кинабго гьев мубаракасул релълъиналъул кутак. ЧIикIаса СагIидафандияс изну кьун тIадвуссунаго, машинаялда жанир рукIарал гIажаиблъун руго, соролаго лугбалгун гьев вачIиндал. Цинги гьез тIад жоги бан тун вуго гIодове виччазегIан. Щиб ккарабилан гьез цIехедал, абун буго жиндие изну кьунин КIудиясилан абун. Киданиги ракIалдагицин букIинчIин гьебилан абун.

Мансурил МухIаммад-афандиясул хIакъалъулъ пикраби

КІудиясул вац РахІматуллагь:

«ГьитIинго гӀелмуялъул ва гӀибадаталъул гурого, дунялалъул ургъел-кІвар гьечIев чи вукIана МухIаммад. Базаралде араб бакӀалда аскӀор ругезда пихъалъул тӀалаб гьабеянги абун, жиндирго гӀелму-гӀибадаталда вукIунаан гьев. 400 ящик пихъил бичизе арав гьесие 40 ящик бичаразегIанасеб гурого гIарац щун батулароан, кIвар гьабичIого тун. Цо нухалъ Инхоса КӀудиясухъе щун, таважугь гьабидал, гьес МухIаммадида абунилан бицана: «Дуцани, дир вас, кьуни гӀорго цадахъ гьекъела, амма кинабго цадахъ букIунароха», - ян.

Иргадулаб нухалъ Меселасул Мухаммадица вирд хисун вачIиндал, зикрабазул хIалтӀиялъ латIаипабазе асар гьабураб бухIиялъул кутакалъ 2-3 къоги балаан гьес унтун вегун. Гьедин тезе бегьуларин хIукму ккана цадахъ Нечаевкаялде, Меселасул Мухаммадихье ине, гьеб хӀал тӀаса босизе вирд дагь гьабеян абизе.

Гьенире щун мурад бициндал, Нечаевкаялдаса КӀудияс Мансурил МухIаммад къвалакьги ккун данде къана, черх лъулъана ва абуна: «Валлагь, хисизе гьечӀоха, азаргоясда гьоркьоб цоясул гурого букIунареб хIал буго. АлхIамдулиллагь, шайтӀалдасан гьечӀо, хIакъикъияб буго. Дуца рецц гьабизе ккела Аллагьасе, кколеб бакIалде ккун буго. ИншаАллагь, дур гьаб тlaca ина», - ян. Гьелдаса хадуб КӀудиясде тӀокIаб хIалги бачIинчIo».

КӀудиясул вас МухIаммаднур:

«Бищун кIудияб жо гьесул как букIана, гьелде данде гьабулеб жо щибго букIунароан. Цо нухалъ мажгиталде жамагIат-какде кватӀунин абун, чӀужу ячарав дида кьабизеян гьесана КӀудияв. ГьитIинаб къоялдаса нахъе гьитIиналъулъги кӀудиялъулъги, ай сундулъго Аварагасда ﷺ нахъвилълъин букIана гьесул хаслъи. Цо нухалда кидаго бан букIунеб букIараб баргъич бихьичӀо гьесул килщида. Билизедай биларабилан ракIалдеги ккун, кибе арабилан гьикъидал, гьес абуна: «Аварагасги цо-цо бахъулеб букIун буго», - ян.

КIудиясул вас МухIаммадмансур:

«КӀудияв дунявияб жоялъе гӀоло киданиги диде вагъичӀо, амма мажгиталде кватӀани вагъулаан.

Инсуца абулаан:

«ГӀумруялъулго анищ букIана МухIаммадгIарип вихьизе», - ян. МахIачхъалаялде пихъ бичизе щварав гьев, пихъги цогидазда тӀадкъан, мажгитазде хьвадун, МухӀаммадгIарип вихьуларищали сверулев гӀезегIан мех бан буго. ВарагІ бугев гIадав чи вихьидал, гьевгIаги гуродайилан векерулев вукIун вуго КӀудияв гьесда аскӀове. Ахирги Хунзахъа ХӀаштӀихил МухIаммадица бихьизабун буго МахIачхъалаялъул ЦІияб поселокалда бугеб МухIаммадгIарипил мина. Вилълъун вуго гьениве.

ХӀинкъараб заман букIун, гьев рокъов гьечIин абун буго инсуда. КІваричIин, гьаб сайгъатгӀаги кьеян абун, гьесие босараб пихъги кьун, нахъе унев вукIун вуго гьев. Нахъе унев гьесда хадув цо чи вачIун вуго МухIаммадгIарипица ахӀулев вугинги абун. АскIове щун хъваш-баш гьабидал, МухIаммадгIарипица абун буго:

«Гьедин гӀемерал гӀадамал ракIарараб бакIалдаги вукIунароха дун. Гьаб МахӀачхъала, къватIиве балагьани, бусурманчиго вугодаян, мажгитазухъ балагьани, капурчиго вугодаян кколеб бакІ буго», - ян.

КӀудияс живго мажгитахъ валагьаравлъи загьир гьабун. МухIаммадгIарипица КӀудиясда къаси анив чӀаян абун буго. Жиндир унеб бакӀ бугин абидал, кивеян гьикъун буго. ХасмухӀаммадил дова вугин абидал, виччан вуго. Гьесда хадув вачÍарав ХасмухIаммадида МухIаммадгIарип - афандияс абун буго:

«Жакъа дица духъе витIарав гьобол, нилъги рокьулев, нилъееги вокьулев, нилъеда гьоркьов вукIинеги рекъарав...», - ян. Хадуб ХасмухIаммадица бицун буго: «МухIаммадгIарипица гьабураб сипаталъ гьев малаик гурев, инсан ватиларин ккун букIана», - ян.

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


Килдерил гIолилазул ифтIар

Гумбет районалъул Килялъ росдал гIолохъабаз МахIачхъалаялда тIобитIана ифтIаралъул сордо. Тадбиралда гIахьаллъи гьабуна районалъул имамзабазул советалъул председатель МухIаммаднур МухIаммадов, росдал имам ГIабдула СултIанов ва цогидалги. ГIалимзабаз ва имамзабаз гIолилазул суалазе кьуна жавабал,...


Аварагас ﷺ гьижра гьаби

Гьижраялъул бицунелъул нилъеда лъазе ккола гьеб цIакъ захIматаб иш букIараблъи. Маккаялдаса Мадинаялде гIага-шагарго буго 450 километр. ХIежалде щведал нилъ Мадинаялдаса Маккаялде уна машинабаздаги рекIун ва нухда бала 7-8 сагIат, кутакалда сваказеги свакала. Гьанже хIисаб гьабе, багIарараб...


ГIалимзабазул советалъул резолюция

2026 соналъул 11 февралалда тӀобитӀараб ДРялъул ГӀалимзабазул советалъул данделъиялъул хIасил гьабун, жакъа къоялъ чара гьечIел диниял, тарбия кьеялъул, хъизамалъул, жамгӀияталъул ва социялиял суалазул халги гьабун, ГӀалимзабазул советалъ, ТӀадегӀанав Аллагьасда ва жамгӀияталда цебе жидерго бугеб...


Иргадулаб кумек

Хасавюрт районалъул ва шагьаралъул имамзабазул советалъул председатель Аргъваниса МухIаммадил хIаракаталдалъун, иргадулаб кумек битIана СВОялда ругел нилъер рагъухъабазе. Районалъул имамзабазул советалъул председателас, гьеб лъикIаб ишалда гIахьаллъи гьабунщиназе, ракI-ракIалъулаб баркалаги кьун,...


Инсанасул талихI

ГIужда как бай буго инсанасул бищун кIудияб талихI. Нилъ Аллагьас ﷻ рижун руго гIибадаталъе, гIибадаталъул аслияблъунги буго как. Как байги буго МухIаммадил умматалда цIакъго-цIакъ хасс гьабураб гIамал.   ТIоцебе тIадкъай гьабулелъул как бай букIана къойида жаниб кIикъоялда анцIго базе....