Аслияб гьумералде

Ракьбагъари цIикIкIин

Ракьбагъари цIикIкIин

Ракьбагъари цIикIкIин

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гIадамазде тIаде риччалел балагьал гьаруна къиямасеб къо гIагарлъиялъе гIаламатлъун. Гьединго гьел балагьал нугIлъун ккола Аллагь ﷻ вукIиналъе ва Гьесие мутIигIлъизе тIадаб букIиналъе.

 

Цо-цоязда ракIалде кколеб буго пуланаб къавмалде балагь рещтIиндал гьеб гьезул мунагьал сабаблъун бугин ва мунагьал гьаруларезде гьеб бачIунарин абун. Лъазе ккола, мунагьаздаса цIунараллъун цохIо аварагзаби рукIин ва гьелдаго цадахъ ТIадегIанас гьезулги хIал бихьулеб букIараблъи.

Короновирус Китаялда загьирлъидал гIемерисез абулеб букIана гьез гьарулел мунагьал сабаблъун биччараб бугила Аллагьас ﷻ гьеб гьезде тIадейилан абун. Щибха ккараб? Къокъабго заманалда жаниб нилъехъеги щванагури гьеб.

Нилъго лъикIал ругин абун гIей гьабуларо, лъикIалде ва квешалдаса цIуниялде ахIизе ккола рес букIун, лъикIал гIамалалги гIемер гьарун. ТIадегIанав Аллагьасе ﷻ шукруги гьабизе ккола жакъа эркенаб хIалалда нилъ ва нилъер хъизан-агьлу таралъухъ.

Гьел киналго лъугьа-бахъинал гIадада ругел жал гуро.

Абу Гьурайратидасан бицана аварагас ﷺ абунин: «Къиямасеб къо тIаде щоларо ракьбагъари гIемерлъун гурони», - ян. (Бухари)

Салам ибн Нуфайл Сакуниясдасан бицана: «Ниж аварагасда ﷺ аскIор рукIаго, гьес ﷺ абуна: «Къиямасеб къоялда цере гIемерал хвелал рукIине руго ва гьелда хадур ракьбагъариялъул соналги», - ян. (АхIмад)

Ибну ХIажар ГIаскъаланияс хъвалеб буго: «Машрикъ-магърибалда гIемерал ракьбагъариял ккезе ругин абурал рагIабазул магIнаги, чIечIого, цоцада хадур ракьбагъариял рукIин буго», - ян. («ФатхIул Бари»)

 ГIабдуллагь ибн ХIавалатидасан бицана аварагас ﷺ абунин: «Бичасул Расулас, дир тIороцIалда кверги лъун, абуна: «Ле, ХIавалал вас, Иерусалималда нилъер халифат бихьидал ва гIемерал ракьбагъариялгун балагьал рихьидал, дуда лъай гьаб дир квер дур ботIроде гIагарлъарабгIан къиямасеб къоги гIадамазде гIагарлъизе буго», - ян. (АхIмад)

Аллагь ﷻ гурхIаги!

 

 

Жабир Мажидов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...