Аслияб гьумералде

Бищун бигьаяб гIибадат

Бищун бигьаяб гIибадат

ТIадегIанав Аллагьас жиндирго цIобалдалъун лагъзадерие кьуна гIакълуги, пикруги. Гьеб хIалтIизабизе лъани, инсан кIиябго рукъалъулъ талихI бугевлъун вукIуна ва Аллагь лъаялде щвеялъе сабаблъунги ккола.

 

ТIадегIанав Аллагьас бижараб кинабниги махлукъаталъул пикруги жидеца гьабулел, даимго Аллагьги рехсолел гIадамазул хIакъалъулъ рещтIана хадусеб аят: «Гьел гIадамал руго, жидеца Аллагь рехсолел рахъун чIун какилъги, гIодор чIун мажлисалдаги, регун хьибилалдаги, гьединго жидеца пикруги гьабулел зобал-ракьазул ва гьезда жаниб бугеб махлукъаталъул. Гьедин пикруги гьабун жидецаги абулел: «Я нижер БетIергьан! Гьал зобал-ракьал Дуца гIадада рижарал гьечIо, нижеца Мун вацIцIад гьавула, Дуе рекъоларел, батIулал киналниги сифатаздаса. Дуца ниж цIуне Дур махлукъаталъул пикру гьабуларезе хIадурараб цIадул гIазабалдаса», - ян. ТIадегIанав Аллагьас Къуръаналда жиндир махлукъаталъул пикру гьабеян абуна, жиндир заталъулъ пикру гьабеян абичIо, щайгурелъул инсанасул гIакълуялда Аллагьасул заталъул пикру гьабун, гьелда нахъ гIунтIизе хIал кIоларо. Гьелъие гIоло буго хирияв Аварагас ﷺ хIадисалда абун: «Нужеца пикру гьабе Аллагьас бижараб махлукъаталъулъ, живго Аллагьасул пикру гьабуге» - абун. Цогидаб хIадисалда буго: «ТIадегIанав Аллагьасул махлукъаталъулъ цо сагIаталъ пикру гьаби хирияб буго, лъабкъого соналъ гьабураб гIибадаталдаса», - ян.

Жинда Аллагь разилъаяв Абул-ХIасан Щазалияс абун буго: «Цо дагьаб ракIазул гIамал, ай пикру гьаби лъикIаб буго, мугIрул гIанасеб, черхалъ гьабулеб гIемераб гIамалалдаса», - ян. Гьединго гьес абуна: «Пикру гьабиялъ ракIалдаса гъафлат ине гьабула, Аллагьасдаса хIинкъиги цIикIкIине гьабула», - ян. Жинда свалат-салам лъеяв аварагас абуна: «ТIадегIанав Аллагьасул махлукъаталъул пикру гьабиялдаса кIудияб, тIадегIанаб гIибадат гьечIо», - ян.

 

АхIмад МухIумаев

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...