Аслияб гьумералде

Кин загьир гьабилеб?

Кин загьир гьабилеб?

Шукру гьаби ккола кIвар бугеб рухIияб хасият, ТIадегIанав Аллагьас ﷻ кьурал киналго нигIматазул къимат гьаби ва Гьесие баркала кьей. Гьеб загьирлъула рекIелъ, рагIулъ ва гьарулел ишазулъ. Гьеб буго хIакъикъияб иман загьирлъиялъул бищунго тIадегIаназул цояб, гIибадаталъулъ кIвар бугеб бутIа.

 

ТIадегIанав БетIергьанас ﷻ нилъее кьун руго дунялалъул гIемерал нигIматал, шукру гьабулеллъун нилъ ругони, Гьес ﷻ нигIматаздаса махIрум гьаруларо, гьелъул гIаксалда, жеги цIикIкIун кьола. Хирияб Къуръаналда шукруялъул хIакъалъулъ лъабкъоялда анцIгоялдасаги цIикIкIун нухалъ рехсей гьабун буго. Гьедин рехсеялъ бихьизабулеб буго кигIан кIвар бугеб жо гьеб бугебали ва шукру загьир гьабиялъулъ бугеб тIадегIанлъи.

Нилъеца гIемер бицуна ва рагIула шукруялъул хIакъалъулъ. Амма кин гьеб битIун загьир гьабулеб «АлхIамдулиЛлагь – Аллагьасе рецц буго» абун тIубалищ гьелъул иш?

КIудияв гIалим имам Гъазалияс «ИхIяу гIулуму ддиналда» хъван буго: «Шукру ккола щибаб нигIмат жиндие кьураб жоялда рекъон хIалтIизаби», - абун. Гьединлъидал, бичIчIулеб буго шукру загьир гьабиялъул унго-унгояб магIна гIицIго рагIаби аби гуреб, нилъер ишалгун гIамалал гьел Кьолесул ﷻ амруялда данде кколеллъун рукIине ккей.

 

 

 

 

ХIАДИС

 

Щибаб къоялъ нилъеца мунпагIат босулеб жоялъул халги гьабун пикру гьабе, чан жо Аллагьас ﷻ кьун бугебали. Гьеб гьечIищ нилъее унго-унгояб бечелъи. ХIадисалда буго: «Щибго жиндие хIинкъиги гьечIого макьидаса ворчIун, гьеб къоялъ жиндие гIураб рикъзиги Аллагьас ﷻ кьун вугев чи тIубараб дунялалъулго бечелъи жиндие кьурав кинниги вуго», - ян (Бухари).

 

 

 

 

 

 

Шукру гьабиялъул руго чанго тайпаби: 

  1. Жанисеб ракIалъулаб шукру. Гьеб ккола киналго нигIматал ТIадегIанав Аллагьасдасан ﷻ рачIунеллъун рукIин бичIчIи. КIудияв шайих ибну ГIатIаиллагьил Искандарияс абун буго: «РахIмат (жиндаго) халлъарас шукруги гьабизе ккола», - ян, ай жиндехун гьабураб лъикIлъи жаваб гьабичIого хутIи рекъараб гьечIин абураб магIнаялда.

Шукру бугеб гIамал лъугьиналъе кумек гьабулеблъун буго чияс пикру гьаби ТIадегIанас ﷻ жиндие кьун ругел нигIматазул (сахлъи, квен-тIех, иман) ва рекIелъе биччангутIи нигIматалдаса разилъунгутIи.

Ибну ГIарабиясул руго гьадинал рагIаби: «Шукру буго щибаб нигIматалъулъ гьеб Кьолев ﷻ вихьи», - абун («Фусусул ХIикам»). Кинабго Аллагьасдаса ﷻ бачIунеблъун бихьи.

  1. РагIабазулаб шукру. Хирияв Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «ГIадамазе баркала загьир гьабуларес Аллагьасеги ﷻ шукру гьабуларо», - абун (Абу Давуд). Мисалалъе, захIмалъиялде ккараб хIалалда лъица бугониги кумек гьабидал, рагIудалъун бугониги, ишалдалъун батаниги гьелъухъ баркала загьир гьаби берцинаблъун букIуна.

ГIемер такрар гьабила «АлхIамдулиллагь» (Аллагьасе рецц) абун. Жеги, мацIалдалъун шукру загьир гьабиялъул руго батIи-батIиял дугIаби, тасбихIал. Гьелги гIемер такрар гьаризе рекъараб буго. КIудияв шайих ГIабдул Къадир Жиланияс абун буго: «Шукру буго рекIел нур, гьеб гьечIолъи - кьагIу ккола», - ян («ФатхIу Рраббани»).

  1. Шукру хIисабалда ругел нигIматал хIалтIизари. Аллагьасе ﷻ унго-унгояб шукру гIицIго Гьесул ﷻ нигIматал рихьи, гьел лъай гуребги, Гьесул ﷻ амрабазда нахърилълъин, Гьев ﷻ разилъулеб гIамалалда гьел хIалтIизари буго.

Гьелъие лъикIаблъун буго: закагIат кьей, къварилъиялда ругезе кумек гьаби, суннатал какал рай, кIалал кквей, лъикIлъиялде цогидал ахIи кантIизари. Имам Жунайдул Багъдадияс абуна: «Шукрулъун буго, ругел нигIматал, гIасилъиялъе хIалтIизарунгутIиги», - ян.

Шукру гьабиялъ гIатIид гьабула ризкъигун баракат. Къуръаналда рехсон ТIадегIанав Аллагьас ﷻ муъминзабазе рагIи кьуна Жиндие шукру гьабулел ругони, лагъзадерие нигIматал цIикIкIинаризе. «Шукру бугеллъун нуж ругони, Дица нужее цIикIкIинабила», - ян (сурату «Ибрагьим» аят 7). ЧIахIиял чагIазул цояс абуна: «Дида бихьана, шукру букIиналдалъун гьитIинаб жоцин кIудияблъун лъугьараб…», - абун.

Шукруялъ цIунула хабалъгун ахираталда гIазаб щвеялдасаги. Аллагьас ﷻ Къуръаналда абулеб буго (магIна): «Нужеца иманги лъуни бугелда шукруги гьабуни, Аллагьас ﷻ нужее гIазаб гьабуларо», - ян (сурату «Нисаъ», аят 147).

Шукру - гIицIго кIалалъ абулел рагIаби гуро, гьеб буго муъминчиясул рекIел хIал ва гIумрудулъ вукIа-вахъиналъул къагIида. ТIадегIанав Аллагьасе ﷻ нилъеца щукру цIикIкIун гьабулебгIан, Гьес ﷻ жиндирго рахIматалги гIатIид гьарула. Гьединлъидал рачIа нилъги шукру гьабулел лагъзаллъун рукIинин.

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

 

2026-05-15 (ЗулкъагIида 1447 с.) №10.


ХIикматал махлукъатал

Тюлень   Дунялалда руго гIага-шагарго 30-гIанасеб батIияб тайпа тюленазул. Крабал кваналел тюленазул цаби руго гIажаибал. ГIемерисел тюленал, бихьиналищ яги цIуялищали ратIарахъизе кIоларо. ГIумруги гьез, масала, бихьиналъ - 20-25 соналъ, цIуялъ - 30-35 соналъ гьабула. ТIинчIги гьабула 1-3....


Рукъалъул мучари, гъаран

Гъаран (укроп) (латиназул мацӀалда Anethum ) — сельдереязул хъизаналъул лъагӀалилаб хералъул гъветӀ, гьелъул цохӀого цо тайпа ккола махӀ жиндаса бугеб гъаран (мугIрул мучари), яги хурул гъаран. ГӀалхул гъаран бижула ГьитӀинаб Азиялда, Шималияб Африкаялда, Ираналда ва Гималаязда. Бекьулеб ва...


Волейболалъул турнир

1 маялда ХӀебда росулъ тӀобитӀана, СВОялъул бахIарзал ракIалде щвезариялъул хIурматалда, школазул цIалдохъабазда гьоркьоб волейбол хIаялъул рахъалъ къец. Гьеб тадбиралда гIахьаллъи гьабуна ХIебда росдал имам ГIумархIажи МухIаммадхIажиевасги. Жиндирго кIалъаялда гьес киназего гьарана бергьенлъи ва...


ХIарамалъул ракь

Макка-Мадинаялъул хиралъилъун нилъее гIела, жиндие гIоло кинабго махлукъат бижарав Авараг ﷺ тIад хьвадараб, гьев вукъараб ракьлъун букIин.   Нилъеда бихьулеб буго жакъасеб къоялъги ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Макка-Мадинаялъул агьлу хьихьун бугеб куцги, гьениб гьанжелъизегIан цIунун бугеб...


Къурбаналъул гIид

ХIурматиял магIарулал, гьале тIаде щолеб буго исламалда жаниб кIудияб гIидлъун рикIкIунеб Къурбаналъул байрам.   Гьелъул аслу буго Ибрагьим аварагасдаса бачIараб. Гьебго тарих буго исламалъул щуабилеб рукнулъун бугеб хIежалъулги. Нилъер диналъул вацалгун яцал гьел къояз рукIуна хIежалъул...