Аслияб гьумералде

ЖужахIалъе хIарамал

ЖужахIалъе хIарамал

ЖужахIалъул цIедаса цIуни букIуна щивав чиясул аслияб мурад. Гьелдаса хвасарлъиги буго муъминчиясе Къиямасеб къоялъ кIудияб битIккей. Щайин абуни, гьеб щвей бугелъул инсанасе Алжаналда кверщел батиялъе гIаламат.

Хирияб Къуръаналда буго гьадинаб магIнаялъул аят: «Щибаб напсалъ хвалил кьогIлъи чIамизе буго ва щивасе Къиямасеб къоялъ жиндир гIамал бихьун тIубараб жазаъги гьабизе буго. ЖужахIалдаса хвасарлъун Алжаналде витIаравги кIудияб талихIалда кверщел гьабурав вуго…», - ян (сура «Алу-ГIимран»).

Хирияв аварагас ﷺ хIадисазулъ гIезегIан рехсей гьабуна Алжан насиблъулел гIамалазул, ай жал жужахIалъул агьлулъун лъугьине гьечIел чагIи. Рехсей гьабила, аварагасул ﷺ хIадисазулъ баян гьарурал, жужахIалъул агьлулъун рукIине гьечIел щуго тайпа гIадамазул. ТIоцересел, жал Аллагьасдаги ﷻ божарал, купруялде руссиналдасаги хIинкъарал.

Анас ибну Маликидаса бицун буго, жинда рагIанин Аллагьасул ﷻ расулас ﷺ абулеб: «Лъабго сипат буго, жиндилъ гьел ругев чи жужахIалъе хIарам гьабурав: Аллагьасде ﷻ бугеб рекIелчIей, Гьесде ﷻ бугеб рокьи ва куфруялде ккезегIан жиндие жужахIалде рехи ва гьенив вухIиго цIикIкIун бокьи», - ян (АхIмад).

КIиабилел, парзгун суннаталда жидеца тIадчIей гьабулел. Аварагас ﷺ абунин ХIанзала ибну РабигIица бицун буго: «Къойил балеб щуябго какалда какичури, гIуж, рукугI-сужда мухIкан гьабун ва гьебги Аллагьасе ﷻ гIоло жинда тIадлъураб хIакълъун бихьун, тIадчIей гьабулев жужахIалъул цIаялъе хIарам гьавурав вуго», - ян (АхIмад). Суннатал каказул хиралъиялъул ва гьел раязде кантIизарун абурал гIемерал хIадисал руго аварагасул ﷻ. Рехсей гьабун тела гьезул цоялъул: «Къалъул какда цебе ва хадуб ункъо ракагIат суннат-какалда тIадчIей гьабулев Аллагьас ﷻ жужахIалъе хIарам гьавула», - ян (Тирмизи).

Лъабабилел, гIадамазда гьоркьоб рукIа-рахъиналъулъ гIамалтIабигIат бигьаял. ГIабдуллагь ибну МасгIудидаса бицун буго аварагас абунин: «ЖужахIалъул цIаялъе хIарам гьавуравлъун вуго кинавниги тамахав, гIодове виччарав, гIадамазде гIагарав, гIамалхасияталъе бигьаяв чи», - ян (ибну ХIиббан).

Ункъабилел, Аллагьасдаса хIинкъун гIодулел. ГIабдуллагь ибну МасгIудидаса бицараб хIадисалда буго: «Цониги лагъ гьечIо БетIергьанасдаса хIинкъиялъ жиндир бадиса, тIотIол бетIергIанасебгIаги, магIил горо бачIарав ва гьебги кIаркьазде тIинкIарав Аллагьас жив жужахIалъул цIаялъе хIарам гьавун гурони», - ян (ибну Мажагь).

Щуабилел, ракI-ракIалъ «Ла илагьа илла ЛЛагь» абураб калима жидеца абурал.

МахIмуд ибну РабигIадаса бицун буго: «ГIицIаб Жиндир разилъи тIалаб гьабун «Ла илагьа илла Ллагь» абураб калима абурав чи Аллагьас жужахIалъул цIаялъе хIарам гьавурав вуго», - ян (Муслим). Аллагьас щивав бусурбанчи гьавеги гьал рехсарал гIамалал цIунулел ва гьезда тIадчIей гьабулеллъун ва жужахIалдаса тархъан гьаруразда гьоркьор!

Амин!

МУХIАММАДГIАРИФ КЪУРБАНОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...