Аслияб гьумералде

ТIадчIей гьабизе рекъараб

ТIадчIей гьабизе рекъараб

МугIаз ибну Жабал абурав асхIабас бицун буго, цо нухалъ жиндир кверги ккун Аварагас абунин: «Я, МугIаз, дун Аллагьасул цIаралдалъун гьедула мун дие вокьулин абун. Гьедин Аварагас абидал, дицаги абуна: «Я, Аллагьасул расул , диеги мун кутакалда вокьула», - ян.

 

Хадубги Аварагас ﷺ абуна: «Я, МугIаз, дица дуе насихIат гьабула щибаб как бан хадуб гьаб дугIа цIалеян: «Аллагьумма агIини гIала давами зикрика ва шукрика ва хIусни гIибадатика». МагIна: «Я, дир Аллагь , Дуца дие зикру бачиналъе, шукру ва гIибадат гьабиялъе кумек гьабе».

ГIабдуллагь ибну ГIасидаса бицараб хIадисалда Аварагас ﷺ абунин бицунеб буго: «КIиго гIамал бугила жинда тIадчIей гьабурал алжаналде унел, амма гьеб гьабулел чагIи цIакъ дагь гурони гьечIила. Гьезул цояб кколила щибаб какда хадуб анцI-анцI нухалъ СубхIаналлагь, АлхIамдулиллагь, Аллагьу акбар аби. Къойил щуябго какда хадуб гьедин гьабуни, гьезул къадар нусиялда кIикъоялда анцIгоялде бахунеб буго. Аллагьас ﷻ цо лъикIаб гIамалалъул кири анцIиде бахинаби халгьабун гьелъул кириялъул хIисаб цIадирабазда лъуни, азаралда щунусиде бахина. КIиабилеб гIамал буго кьижилалде цебе лъебералда лъаб-лъаб нухалъ гьебго СубхIаналлагь, АлхIамдулиллагь, Аллагьу акбар аби. Гьединги гьабун, гьезулъ бугеб Аллагьасул ﷻ цIар нусиде бахунеб буго. Цебехун халгьабураб кинниги гьелъул кириялъулги гIадад азариде бахина».

Гьедин Аварагас ﷺ абидал, асхIабзабазул цояс цIехана: «Я, Аллагьасул расул ﷺ, гьебгощинаб кири щолеб гIамалалдаса кинха нижеца инкар гьабилеб», - абун. Аварагас ﷺ абуна: «Нужеца как балеб мехалъ шайтIан бачIуна ва щиб-щибги ракIалдеги ккезабун пикру батIияб рахъалде буссинабизе жигар бахъула. Кьижизе регулеб мехалъги макьу щвезабула ва дугIа гьабизе, Аллагь ﷻ рехсезе нуж кантIизе толаро. Гьедин гIемерисел гIадамалги гьеб кириялдаса махIрумлъула», - ян.

ХIакъикъаталдаги, гьадин букIинеги букIуна. Щивасда лъалеб батила, как балаго чан батIияб пикру ботIролъе бачIунебали, кин жив как балаго гьелъулъ хIузур кквезе толареб жоялде шайтIаналъ вуссинавулевали.

Цоги, Абу-Заридаса бицараб хIадисалда Аварагас ﷺ абулеб буго: «Рогьалил ва боголил как бан хадуб, ругеб бакIалдаса рагъаричIого анцIго нухалъ «Ла илагьа илла ллагьу вахIдагьу ла шарикалагьу лагьул мулку ва лагьул хIамду юхIйи ва юмиту ва гьува гIала кулли шайъин къадир» - абурав чиясе Аллагьас ﷻ анцIго кири хъвала, анцIго мунагь чурула ва анцIго даражаялъ тIадегIан гьавула, гьеб къоялъ хIарамалдаса рикIкIадги вукIина, хIатта шайтIаналдаги кIвеларо гьесда аскIобе къазе, гьеб къоялъ гьесухъа мунагьги ккеларо», - ян.

Халгьабеха, муъминзаби, гьаб рехсараб кIиябго гIамал гьаби захIматаб жо гуро. Нилъерго гьабулеб ишалъул ургъел гьечIолъиги ва диналъулъ тIаса-масалъи гьаби гуреб. Дагьаб гIамал бихьун цIикIкIун кири кьолев БетIергьан ﷻ вугеб мехалъ гьеб гьабичIого тей, дидани ккола, чиясул ахIмакълъи бугин. Щайин абуни, нилъеца дунявияб щолеб жо гьедин толарелъул.

Аллагьас ﷻ кумек гьабеги Гьев ﷻ ва Гьесул ХIабиб ﷺ нилъедаса разиго вукIунеб куцалда гIамал гьабизе.

 

АхIмад Къурбанов

2026-08-01 (Сафар 1448 с.) №15.


Суал-жаваб

МагIна бичIчIуларел Къуръаналъул аятазе ва хIадисазе кинаб хIукму бугеб? Цогидал аятазда релълъун гьезул тафсир гьабизе бегьулищ? Гьел аятазде ва хIадисазде нилъеца иман лъола ва гьелъул хIакъикъат ТIадегIанав Аллагьасде ﷻ тIамун тола. Гьединал аятазе ва хIадисазе баян тафсир гIалимзабаз кьечIо....


РекIелъ букIунеб

РекIелъ букIунеб Бусурбанчияс жиндирго хасият-гIамал берцин гьабизе ккола. Аллагьасдаса хIинкъи буго бищун лъикIаб зад инсанас цадахъ босулеб. ТIадегIанав Аллагьасги ﷻ абидал, Гьесдаса хIинкъи (такъва) бищун лъикIаб задлъун бугин.   Къуръаналда буго (магIна): «…Бищун лъикIаб...


Аварагасул ﷺ сира

Кинаб илагьияб хIикмат букIараб Аварагас ﷺ Макка рехун тезе ккеялъулъ?   Маккаялдаса Мадинаялде Аварагас ﷺ гьижра гьабиялъул хIикматаздасан ккола бусурбабазе дин загьир гьабизе цо шагьаралда яги улкаялда толеб гьечIони, гьезги дин цIунизе гIоло, ватIаналдаса цоги бакIалде гьижра гьабизе...


Нужее баяналъе

  Аллагьас ﷻ тIоцеве витIарав расул щив? – НухI авараг. Гьев вугев заманалда щиб ккараб дунялалъе? – Дунял гъанкъана. Аварагзабазул рикIкIен рехсараб аят щиб? – Сура «ан-Ниса». Щиб сураялъулъ кIиго нухалъ басмала рехсараб? – Суратул...


Алмахъалда - мажлис

Казбек районалъул Алмахъ росулъ тIобитIана цолъиялде ва умумул ракIалде щвезариялде халкъ ахIараб мажлис. Гьениб бицана Дагъистаналъул тарихалда алмахъаз лъураб бутIаялъул, Кавказалъул рагъул заманалда алмахъаз бихьизабураб бахIарчилъялъул ва гьел кидаго Шамил имамасда цадахъ рукIиналъул...