Аслияб гьумералде

Аварагас ﷺ васият гьарурал...

Аварагас ﷺ васият гьарурал...

Аварагас ﷺ васият гьарурал...

Хирияв авараг ﷺ вукIана кидаго нилъ тIоритIулевлъун, нилъее насихIатал гьарулевлъун. Гьелдаго цадахъ малъулеб букIана ккараб бакIалда сабру гьабизе ва гьарулел ишазулъ Аллагьасул ﷻ рахъалдаса кумек щвезелъун хасалгун гIаммал зикраби-дугIаби гьаризе.

Нилъеда гIемер рагIараб машгьураб хIадисалда буго дугIа - муъминчиясул ярагъ бугин абун. ХIадисул къудсиялда ТIадегIанав Аллагьасги ﷻ абулеб буго: «Дир тIадегIанлъи-кIодолъиялдалъун гьедула, лагъзадерил цонигияс ракI-ракIалъго Дидаса ﷻ кумек тIалаб гьабидал, зоб-ракьалъул агьлуго гьесие хIилла гьабизе лъугьаниги, Дица ﷻ гьесие кумек гьабичIого теларо», - ян.

Гьединлъидал, бокьун буго аварагасги ﷺ гIемер такрар гьарулел рукIарал, нужецаги гьареян васият гьарурал гьезул чангоял рехсезе. Аварагас ﷺ абун буго: «Щибаб рогьалил какда хадуб гьаб анцIго рагIи абурав чиясе, Аллагь ﷻ кумекалъе, гьабулеб ишалъе хIалай чIола ва разиги вукIуна. Гьезул щугояб буго дунялалда бугеб, хутIараб щугояб ахираталъе руго. Гьелги гьал руго:

«ХIасбияллагьу ли ддини» (магIна): «Аллагь ﷻ вуго дир диналъе гIей гьабулев».

«ХIасбияллагьу лима агьаммани» (магIна): «Аллагь ﷻ вуго дир ургъел ккараб жоялъе гIей гьабулев».

«ХIасбияллагьу лима багъа гIалая» (магIна): «Дида зулму гьабурасе данде Аллагь ﷻ вуго дие гIей гьабулев».

«ХIасбияллагьу лиман хIасадани» (магIна): «Диде хIусуд гьабурасде данде, дие гIей гьабулев Аллагь ﷻ вуго».

«ХIасбияллагьу лиман кадани биссуи» (магIна): «Квешлъиялдалъун диде гIагарлъарав чиясдаса дие гIей гьабулев Аллагь ﷻ вуго».

«ХIасбияллагьу гIиндал мавт» (магIна): «Хвалда аскIоб дие гIей гьабулев Аллагь ﷻ вуго».

«ХIасбияллагьу гIиндал масъалати фил къабри» (магIна): «Хабалъ суалал кьолелъул дие гIей гьабулев Аллагь ﷻ вуго».

«ХIасбияллагьу гIиндал мизан» (магIна): «ГIамалал цIалелъул цIадирабазда аскIов дие гIей гьабулев Аллагь ﷻ вуго».

«ХIасбияллагьу гIинда ссиратIи» (магIна): «СиратI бахунелъул дие гIей гьабулев Аллагь ﷻ вуго».

«ХIасбияллагьу ла илагьа илла гьува гIалайгьи тавакалту ва гьува раббул гIаршил гIазими ва илайгьи аниб» (магIна): «Аллагь ﷻ вуго дие гIей гьабулев, кIудияб, тIадегIанаб ГIаршалъул бетIерлъун вугев, жиндие лагълъи гьабизе кколевги Гьев ﷻ гурони гьечIо, Гьесде ﷻ буго дир ахир вуссинги», - ян.

Аварагас ﷺ гIемер гьабулеб букIараб дугIаялдаса буго Къуръаналъул аятлъунги жиб кколеб: «Раббана атина фи ддуня хIасанатан ва фил ахирати хIасанатан ва къина гIазаба ннар» (магIна): «Я, дир БетIергьан ﷻ, нижее дунялалдаги ахираталдаги лъикIлъи кье, жужахIалъул гIазабалдасаги хвасар гьаре», - ян.

Аллагьас ﷻ нилъ дугIа къабулазда гьоркьоса гьареги. Амин!

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...