Аслияб гьумералде

Аварагасул ﷺ суннат цIуни

Аварагасул ﷺ суннат цIуни

Аварагасул ﷺ суннат цIуни

Аллагь ﷻ жидедаса разилъаял асхIабзабазги, гьезул нухдасан арал имамзабазги, вализабазги, гIалимзабазги кIудияб кIвар кIвар кьолаан хирияв Аварагасул ﷺ суннат цIуниялде. ГIумар-асхIабас ХIажрул асвадалда (чIегIераб гамачI) убач гьабулаго, абулаан: «Аллагьасул ﷻ Расулас дуда убач гьабулеб бихьун букIинчIебани, дицаги дуда убач гьабилароан», - илан.

 

Жиндаса Аллагь ﷻ разилъаяв Къурратил МугIамиятица Аллагьасул ﷻ Расуласе ислам босизе къотIи гьабураб мехалъ Аварагасул ﷺ халгIаталъул букIдул ричун рукIанила, гьелда хадуб МугIавиятилги гьесул васасулги букIдул ричун гурони рихьичIила я риидал, я хасало. Аварагасул ﷺ ретIунеб ратIлил къагIидацин цIунизе хIаракат бахъулаан асхIабзабаз.

Аллагь ﷻ разилъаяв Мужагьидица бицана: «Аллагь ﷻ разилъаяв ГIумар-асхIабасул вас ГIабдуллагьгун ниж сапаралда рукIана, цинги цо рахъалде кьурана ГIабдуллагь. Гьесда цояс гьикъана дуца гьеб сундуе гIоло гьабурабилан. Гьес абуна: «Авараг ﷺ нухлул гьаб бакIалда кьурулев вихьана, гьелъ дицаги гьебго гьабуна», - ян.

Гьединго  ГIабдуллагь Маккаялдаги Мадинаялдаги гьоркьоб бугеб нухда цо гъотIокьеги ун кьижулаанила, жинда гьенив Авараг ﷺ кьижулев вихьанинги абун.

Дунялалда суннат таниги бегьулиланги абун, суннат тарав чиясда Алжаналда бихьизабизе буго гьеб суннталда хасаб даража ва гьесдаги абизе буго гьаб даража дуе кьечIониги бегьулилан.

Жиндаса Аллагь ﷻ разилъаяв ГIабдулкъадир Геланияс абуна: «Мун Аллагьасде ﷻ гIагарлъе, Аллагьасул ﷻ Расуласул кверги ккун», - илан.

Нужеда лъай, Аллагьасул ﷻ Расуласда ﷺ нахърилълъиналдасан ккола гьесул шаригIатги, тIарикъатги, хIакъикъатги, ай Къуран-хIадис халкъалда бичIчIизабулел хIакъал имамзабаздаги, гIалимзабаздаги, вализабаздаги, шайихзабаздаги нахърилълъин. Гьеб нахърилълъиналъул хIакъалъулъ хирияб Къуръаналда аяталги ва Аварагасул ﷺ хIадисалги гIемер руго.

Къуръаналда абулеб буго (магIна): «Мун Дидехун, ай Аллгьасдехун ﷻ руссаразул нухда нахъвилълъа», - ян. Гьединго Къуръаналда абулеб буго (магIна): «Нужеда лъалареб батани, нужеца гIелмуялъул агьлуялда гьикъе», - ян.

Гьединлъидал жал Къуръаналдаги хIадисаздаги гурони нахърилълъунариланги абун, имамзабаздаги, гIалимзабаздаги, вализабаздаги нахърилълъунарел, гьез хъварал тIахьазде инкарги гьабулел гIадамал тIоцере жалго ккола Къуръан-хIадисазда нахърилълъунарел чагIи. Щай абуни, имамзаби, гIалимзаби, вализаби ккола халкъалда Къуръан-хIадис бичIчIизабулел гIадамал, гьезда нахъвилълъунарев чиги ккола Къуръан-хIадисазда нахъвилълъунарев. Гьединав чи живгоги къосарав, жинца гIадамалги къосинарулевлъунги ккола. Аллагьас ﷻ цIунаги.

Суннатин абураб жоялдаса Аварагасул ﷺ гIаммаб нух абураб мурад буго, ай Хирияс ﷺ гьабейин абураб гьабун, теян абураб тун.

Нилъер хирияв Аварагас ﷺ абулеб буго: «Нуж Алжаналдеги гIагар гьарулеб, ЖужахIалдаса рикIкIадги гьабулеб, жиндалъун дица нужее амру гьабичIого тараб щибго жо гьечIо. Нуж Алжаналдаса рикIкIадги гьарулеб, ЖужахIалде гIагарги гьарулеб, дица нужее гьукъичIого тарабги цониги гIамал гьечIо», - ян.

 

МухтарахIмад МухIаммадов

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...