Аслияб гьумералде

КьунагIан цIикIкIунеб

КьунагIан цIикIкIунеб

ГIелмуялъул хиралъиялъул хIакъалъулъ Кумайл абулев асхIабасда, кверги ккун ГIали-асхIабас абун буго: «Ва Кумайл, гIелму боцIи-малалдаса лъикIаб буго, гIелмуялъ мун цIунула, боцIи-мал абуни дуца цIунизе ккола, гIелмуялъ хIукму къотIула, боцIи-мал жинда тIад хIукму къотIулеб буго, цогидазе кьеялдалъун бечелъи дагьлъула, гIелму абуни цIикIкIуна», - ян.

 

ГIелмуялъул хиралъаби

ТIоцебесеб: гIелму - аварагзабазул ирс буго, бечелъи - ханзабазул ирс буго.

КIиабилеб: бечелъи хун хадуб батIалъула, гIелму абуни хабалъе цадахъ лъугьуна.

Лъабабилеб: бечелъи капурасеги, лъикIасеги, квешасеги щола, пайдаяб гIелму абуни муъминчиясе гурони щоларо.

Ункъабилеб: гIалимчиясде хIажалъула ханзабиги хIакимзабиги ва гьел гурелги, бечедасде абуни мискинзаби гурони хIажалъуларо.

Щуабилеб: инсан тIадегIанлъула ва камилъула гIелму щвеялдалъун, щайгурелъул, жибго гIелму тIадегIанабги камилабги букIиналъе гIоло буго. Дунялалъул бечелъиялъ инсанасе щибго тIадегIанлъи ва камиллъи кьоларо, гьелъул гIаксалда, гьев бугелда бахиллъула ва бечелъиялде гIунтIизавула. Инсанасул гIелмуялде бугеб гIищкъу камиллъи ккола ва дунялалдехун (бечелъиялде) бугеб гIащикълъи мукъсанлъи ккола.

Анлъабилеб: бечелъиялъ инсан къосеналдеги чIухIиялдеги цIала, гIелмуялъин абуни дагьалда разилъиялдеги, чIухIи гьечIолъиялдеги цIала.

Анкьабилеб: гIелмуялъул бечелъи тIадегIанаб буго боцIи-малалъул бечелъиялдаса. Щайгурелъул, боцIи-мал тIагIине бегьула, гIелмияб бечелъиялъе киданиги тIагIунаро.

Микьабилеб: боцIи-малалъ инсан жиндиего лагълъи гьабизе тIамула, гIелмуялъин абуни Аллагьасе ﷻ лагълъи гьабиялде ахIула.

ИчIабилеб: гIелму бокьи ва гьеб тIалаб гьаби гIибадаталъул аслу буго. Бечелъийин абуни квешлъиялъул аслу буго.

АнцIабилеб: бечедасул къимат боцIи-мал буго, гьеб лъугIидал гьесул къиматги тIагIуна. ГIалимчиясул къимат гIелму буго, гьеб цIикIкIун гурони дагьлъуларо, гьесул къиматги кидаго букIуна.

 

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...