Аслияб гьумералде

Авараг вокьун данделъи

Авараг  вокьун данделъи

Исламияб лъай кьеялъул «Islamdag. ru» порталалъ рагьана жидерго пресс-центр. Гьениб тIоритIизе руго презентациял, прессконференциял, ричIчIизариялде хIажалъарал жамгIияталъул суалалгун масъалаби рорхарал данделъаби, диниялгун жамгIиял лъугьабахъиназул бицарал тадбирал.

Дагьал церегIан къоязда гьез тIобитIана «Мавлид. Къабул гьабураб ракIалде щвезабийищ яги гьукъараб бидгIайищ?» абураб цIаралда гъоркь пресс-конференция. Гьелда гIахьаллъи гьабуна диниял СМИязул вакилзабаз, батIи-батIиял мацIазда къватIибе биччалеб «Ас-салам» газеталъул редакторзабаз, информациялъулаб «Ислам. ру» порталалъул ва «ВатIан» радиоялъул хIалтIухъабаз, ННТ телеканалалъул вакилзабаз ва блогераз. Мавлидалда хурхун, эксперт хIисабалда, кIалъана ДРялъул муфтияталъул председатель МухIаммад Майранов. Пресс-конференция рагьулаго гьес бичIизабуна щиб жо мавлид кколебали.

«Мавлидалъул гIуцIи буго анлъго бутIаялдаса:

ТIоцебесеб, Къуръан цIали. Къуръан цIалиялъул хIакъалъулъ аварагас r абуна: «Нужеца Къуръан цIале. Къиямасеб къоялъ гьеб шафагIатлъун бачIина нужехъе», - ян (Муслим).

КIиабилеб, салават битIи ва аварагасул гIумруялъул бицин. Гьелъул хIакъалъулъ ТIадегIанав Аллагьас Къуръаналда абун буго (магIна): «Аллагьасги Гьесул малаикзабазги аварагасде салават битIула. Я, иман лъурал гIадамал! Нужецаги битIе гьесде салават», - ан (суратул «АхIзаб», 56-абилеб аят). ХIадисалдаги буго: «Даражаялъул рахъалъ диде цIикIкIун гIагарав салават гIемер битIулев вуго», - ян (Тирмизи).

«…Я, иман лъурал гIадамал! Нужецаги битIе гьесде салават»

Лъабабилеб, зикру бачин. Къуръаналда буго (магIна): «Аллагь рехсеялъ гуребищ муъминчиясул рекIее парахалъи гьабулеб», - ан (сурату «ар-РагIд», 28-абилеб аят). Цо-цояз абула данделъун зикру бачине бегьуларин, гьелъие шаригIаталда бачIараб хIужа гьечIин. Амма хIадисазда гьелъие жаваб буго. Цо нухалъ аварагас абун буго: «Алжаналъул ахазда аскIосан унел ругони, нуж гьенире лъугьа ва лазат босе», - ян. Аварагасда цIехедал алжаналъул ах щибилан абун, гьес жаваб гьабуна: «Аллагь рехсезе данделъараб къокъа буго», - ян (Тирмизи). Гьаб хIадис гIоларищ данделъун зикру бачиналъе?!

Ункъабилеб, дугIа гьаби. ДугIаялъул хIакъалъулъги Къуръан-хIадисалда гIемер бицен буго. «Нужеца Дида гьаре, Дица жаваб гьабила», - ян (суратул «Гъафир», 60-абилеб аят). «ДугIа - муъминчиясул ярагъ, диналъул хIуби ва зоб-ракьалъул канлъи», - ян (ЖамигIул ахIадис).

Щуабилеб, диналъул вацалгун яцал данделъи. Гьелъул хIакъалъулъги Къуръаналда буго (магIна): «Нужеца Аллагьасулгун бухьен ккве, цоцаздаса рикьа-риххунги рукIунге», - ян (суратул «ГIимран», 103-абилеб аят). Анлъабилеб, цоцазе сайгъатал гьари. «Нужеца сайгъатал кье, нуж цоцазе рокьила» (Муслим). Мавлидалда, данделъун гьарулел гIамалазе хIужаби нилъеца рехсана, амма бегьуларин кIалъалезги рачине ккола гьединалго хIужаби», - ян бицана МухIаммад Майрановас. Данделъараз кьурал цо-цо суалазе жавабалги кьуна М. Майрановас.

ХIАДУР ГЬАБУНА МУХIАММАДГIАРИФ КЪУРБАНОВАС

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...