Аслияб гьумералде

ТЕЛЕФОНалъул балагь

ТЕЛЕФОНалъул балагь

ХIурматиял бусурбаби, Аллагьас нужеда баракат лъеял умумул. Ахираб заманалда нилъеде тIаде бачIун буго цебе букIинчIеб цо захIмалъи. Щибха гьеб кколеб? Гьеб буго ТЕЛЕФОН. Гьелъ машгъул гьарун, гъапулъизарун руго нилъги, лъималги ва тIубараб хъизамгоги.

 

 

 

Рукъалъул щивав чиясухъ буго телефон. Щивав чи тIубараб къоги, сордоги инегIан гьелде тIадеги къулун рукIунелги руго. Ракъидал кваналагоги, свакайдал рахIат гьабулелъулги, хIалтIуде унелъулги, машина бачунелъулги, гIадамасде кIалъалагоги кидаго кодоб ккун буго баркат лъеяб телефон.

Нилъеца абула лъимал хвезарулел ругин телефоналъин абун. Лъималазул бициналде нилъер иргаго щун гьечIо, щивав чиясул унтилъун лъугьун буго телефоналде тIаде къули.

Гьелде тIадеги, бачIараб балагь ккола жиндир гIумруялда гьабулебщинаб жо телефоналъги бахъун халкъалда бихьизаби. Радал гьадин вахъана, пуланаб жо кванана. Хадуб хIалтIуде ине хIадурлъи гьабуна, къватIиве вахъана… тIубараб къоялъ гьабурабщинаб рагъа-ракариги телефоналде бахъулаго унеб буго гьанжесеб гIелалъул гIумру.

Телефоналъул унтиялъе бугеб даруги ккола гьеб кодобе босичIого тей. Статусазда щибго жо лъунгутIи. ЦIакъго цIикIкIараб хIажат бугони гурони гьеб кодобго ккунгутIи.

Жакъа интернет ин яги вай-фаялъул сигнал сакъатIлъиялдаса кIудияб балагь-къварилъи гьечIо халкъалъе. Ракъун-къечон, квачан рукIине разиял руго, интернетги телефонги хIалтIулеб бугони.

 Лъаларо, хадуб кинаб гIел бачIине бугебали, гьаб макъалаялда бицараб жо гьезда бичIчIизегIаги бугищали. Амма гьабсагIат бугеб хIал цIакъго хIинкъараб буго. Нилъер цересел умумузда гьанже лъугьунеб бугеб жо бицун букIарабани, божизецин рукIинчIо гьел. Цо рокъорги рукIун, цоцаде хъвадарун гурони кIалъаларел гIадамал рукIинин абурабани, щивха божизе вукIарав? ГIабдалзаби ратилин абилаан.

ХIурматиял вацалгун яцал, жеги къо радалго батизе бегьула, гьабсагIат бугеб хIал буго нилъеца дагьаб кIвар кьуни лъикIаб рахъалде цIазе рес бугеб. Амма гьадин бичча-бихъан тани, хадуб данде бакIаризе бажарилебищали лъаларо. Гьединлъидал, щивав чияс хIисаб гьабе тIоцебе жиндирго телефоналъулгун бугеб гьоркьоблъиялъул. Хадуб хъизан-лъималазулги.

Аллагьас ﷻ кумек гьабеги!

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...