Аслияб гьумералде

РабигIул авалалда дандчIвай

РабигIул авалалда дандчIвай

РабигIул авалалда дандчIвай

Гьале исанаги тIаде щолеб буго Бичасул авараг ﷺ дунялалде вачIараб рабигIул авал моцI. Нилъер дагъистаниязул гIадаталда рекъон гьеб буго хирияв МухIаммад авараг ﷺ ракIалде щвезавулеб, гьелда сверун рохел загьир гьабулеб, садакъа кьолеб, кванде гIага-божарал данде ракIарулеб заман. Дидани ккола дунялалда тIад гьединаб берцинаб гIадат бугеб бакI нилъер дагъистан тун цоги гIемер батиларин абун. Гьелъие нугIлъи гьабула гьоболлъухъ рачIунел гIарабалги гьелъие мукIурлъи.

 

Дагъистаналъул буго цоги чIухIи. гьебги ккола дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандиясул бербалагьиялда гъоркь ругел Бичасул аварагасул ﷺ рас ва цогидалги гьесул асарал, гьединго асхIабзабазулги гьез хIалтIизарулел рукIарал алатал. Нилъехъ гIадатлъун билъанхъун буго гьел асара гIадамазда рихьизе рабигIул авалгун рамазан моцIалъ батIи-батIиял бакIазда рихьизе лъолеб. Гьаб соналъги Кизилюрт шагьар хIадурулеб буго гьел асарал къабул гьаризе.

ХIакъикъаталдаги гьеб буго Дагъистаналъе кIудияб нигIмат ва рохел. ЛъагIалида жаниб чанго нухалда живго МухIаммад ﷺ аварагасул расгун асарал рихьизе щвей жив Бичасул авараг ﷺ вихьиялда бащадаб жо кколарищ.

Гьанже кигIан кин бугониги лъикIаб ишалде хIадуризеги рекъараб букIуна. Гьале чанго къо хутIун буго рабигIул авал бачIине. Гьанжего гьелде хIадурлъани беццараб букIинарищха. Масала, кин гьеб гьабилебан абуни, тIоцебесеб иргаялда байбихьила Бичасул аварасул ﷺ гIумруялъул хIакъалъулъ тIахьал, мавлидал ва туркаби цIалиялдасан. Бичасул аварагасул ﷺ гIумру цIикIкIун лъанагIан гьесдехун нилъер рокьиги гIемерлъула, гIишкъуги цIикIкIуна, баракатги гIемер щола. КIиабилеб иргаялда чанго мероприятие яги мажлис гIуцIиялъе ургъила аварагсда ﷺ сверун. Гьеб букIине бегьула рокъобго хъизаналда жанибги. Масала, хириясул гIумруялдаса суалал лъималазе къойил кьей гIадаб, яги гьел суалал хIадуризеги тIамун цо сордоялъ гьезул хIалбихьигIадаб куцалда. ЛъикI лъаразе бугьула къиматал сайгъаталги хIадуризе.

Жеги лъикIаб буго рокъобе гIага-божаралги ахIун, квен-тIехги гьабун мавлид гьабизеги. Гьелъиеги цо гIемерал квенал гьаризе кколаро, гIадатияб мехалда нилъецаго кваналеб жо хIадураниги гIола. Амма нилъеразул гIадат билъун буго мавлид гьабизе гIемер квенги хIадурулеб, гьелде тIаде бикьизе жоги букIинабулеб. Гьебги квешаб жо гуро, садакъа буго. квешаб жо буго гьеб кинабго гьабизе рес гьечIони мавлид гьабиго рехун тей. Гьединлъидал щибго нечезе кколаро бугелда рекъараб квенги хIадурун мавлид рокъоб гьабизе. Гьелъие бищунго бигьаяб квен буго пулав белъин. Жибго аслияб мурад бги ккола Бичасул авараг ﷺ кIодо гьавун рокъоб мажлис-мавлид гьаби.

ХIасил гьабун абуни, цIакъ рекъараб букIина гьеб моцIго Бичасул аварагасул ﷺ бицунеблъун, гьесде салават гIемер битIулеблъун лъугьинабуни. Аллагьас кумек гьабеги! Амин!

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...