Аслияб гьумералде

ХIижабалъул къо

ХIижабалъул къо

ТIоцебесеб февралалда тIолго-дунлалдаго тIобитIула руччабазул хIижабалъул къо. Рецц Аллагьасе, гьелъул машгьурлъи улкаялдаги соналдаса соналде цIикIкIунеб буго. Гьединго, Дагъистаналдаги гьеб къо кIодо гьабулел мажлисал цIикIкIунел, хIижабалъул баян кьей гIемерлъи халлъулеб буго.

 

Дунялалъул гIезегIанго бакIазда хIижаб гьукъараб буго. Гьединазде гьоркьоре уна цIикIкIарасеб къадар бусурбаби ругел улкабиги. ХIижаб гьукъиялъе аслияб гIиллалъун гьез бачуна чIужугIаданалъе зулму гьабулеб бугин жийго юхьа-къан яхчизеги тIамуниланги абун. Гьебги кколин инсанасе ругел ихтияраздаса гьей махIрум гьайи. ХIакъикъаталдаги гьезул гьединаб пикруялда ракIчIей батани, гIайибги кин гьабилеб, гьезул пикру хадуб гъечIолъиялда. ГIайиб гьабичIогоги кин телеб, мухIканаб цIех-рех гьез гьабун гьечIелъул.

ХIижабалда тIасан гьарулел мажлисазда бихьула кинабго баянго. Гьенире ракIарарал руччабаз рехсола жидерго пикраби. ХIижаб чIвазегIан цебе букIараб хIалги, гьелдаса хадуб лъугьараб къагIидаги гIатIидго, жидерго гIумруялъул хIалбихьиялдалъун баян гьабула гьез. ТIехьалдасан цIалун лъараб яги цо кинав вугониги чиясдаса рагIараб хабаралдасаги инсанасе жиндирго гIумруялда жаниб ккараб бицунелъул асар ва рекIелъе борти гъваридаб букIуна.

Цебе хIижаб чIвалел рукIинчIел руччабазул гIемерисез абула гьеб къарабго цо батIияб рекIел чIей цIикIкIанин, ракIалъе парахалъи бачIанин, нухдасан унаго бихьиназ хадур ралагьун рехулел рагIабаздаса цебе букIунеб букIараб хIинкъи тIаса анин. Нилъеда ккезе бегьула гьадингояб хабар бицунел ругин гьелилан абун. БетIералда чIинчIо чIванин абун кинаб хис-баси букIине рес бугебин. Бихьарасда гурони, рагIарасда мухIканго лъаларелъул. Гьез бицунеб хабар мухIканаб ва божизе бегьулеблъун буго. Щайгурелъул, БетIергьан Аллагьас инсанасе цIуни кьола Гьесул амруялда нахъвилълъун вугебгIан заманалда. Амма, амруялдеги хилиплъун, жиндирго эбелалъул ургьиве ун вахчаниги, ворчIизеги ворчIуларо.

ХIижабалъул къо кIодоги гьабун, гьелъул бицин, гьеб берцин бихьизаби ккола хасаб дагIват. КIалзул вагIза-насихIаталдасаги рекIелъе бортулеб букIуна жиндирго мисалалдалъун бихьизабулеб хьвада-чIвади.

2000-абилел соназда, халкъалда жеги хIижабалъул тIагIам лъачIеб заманалда, киназего гьеб букIана гIажаибаб, цIияб жолъун. Ана гьелдаса нахъе саламатаб заман, бичIчIана гIемерисезда гьелъул бугеб пайда, гьелдаса гьечIеб зарал. Цебехун букIараб хIинкъиялъул бакIалда бачIана гьелдехун бугеб божилъи.

ЦохIо хIижабалъул къоялъ гуребги, дунял хинлъараб гIужалдаги тIобитIизе рекъараб буго гьеб кIодо гьабулеб къо. ХIижабалъул пайда жеги бичIчIичIел гIадамазе гьелъул балъголъи, пайдаби рагьиялъе сабаблъун ккезе букIине.

Аллагьас кумек гьабеги!

 

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...