Аслияб гьумералде

Мунапикъасе гьабулеб тамихI

Мунапикъасе гьабулеб тамихI

Мунапикъин абула иман загьир гьабулев, куфру бахчулев, шаригIаталда рекъон гIамалги жинца гьабуларев, ахIкамалги тIураларев, дунялалъулги ахираталъулги бахьикъосасда. ВагIза-насихIатги гьединас къабул гьабуларо. ВагIза-насихIат къабул гьаби ккола муъминчиясул хасият-гIамал.

 

ШаргIалъ нахъчIварал, жал гьариялдалъун чи фасикълъулел гIамалал хIалтIизе гьарулев чиясде мунапикъилан аби ккола, хIакъикъияв мунапикъилан аби гуреб, гьев чи мунапикъасда релълъинавун, къвакIизе гьабун абилъун. Гьединаб магIнаялда бугеблъун ккола свалат-салам лъеяв Аварагасул гьаб хIадисги: «Лъабго пиша-гIамал буго, щив чи вугониги жиндилъ гьел рукIун, гьев чи мунапикъ вуго, жинца кIал ккуниги, как баниги, жив бусурбанчи вугин абун дагIба баниги. Гьеб лъабабго пишаги ккола: хабар бицунаго гьереси бицин, къотIи гьабидал гьеб хвезаби, аманат гьабураб жоялъе хиянат гьаби». Рехсарал ккола мунапикъасул сипатал. Гьел пишаби хIалтIизарулев чи релълъинавун вуго мунапикъасда, ай хIакъикъияв мунапикъасда.

 «ХIакълъунго, гьел мунапикъзабазе буго жужахIалъул тIину, ай жужахIалъул бищун гъоркьияб тIала. Яги гьел рукIине руго жужахIалъул тIиналда, цIадул цIурал гъансазда жанир. Яги тIасанги гъоркьанги цIа боркьараб, киритги бан, рахазеги рахараб рокъор жанир. Гьезда гьениса къватIире рахъине, жал гIазабалдаса тархъан гьаризе кумекалъе чиги ватуларо».

Мунапикъасе капурчиясе гьабулелдасаги гIазаб цIикIкIун щай гьабулебин абуни, мунапикъ купруялъул рахъалъ капурчиясда релълъарав вуго. Купруялдасаги хъубаб пиша-гIамалалдалъун капурчиясдаса цIикIкIаравги вуго. Гьеб щибин абуни, мунапикъас Ислам ва бусурбаби махсароде ккола, бусурбабазул балъголъаби къватIир чIвазарула, гьел капурзабазухъе щвезарула. Гьелдалъун гьабуна БетIергьан Аллагьас капурзабазе гьабулелдасаги гIазаб-гIакъуба мунапикъзабазе цIикIкIун.

Мунапикъзаби какун, гьезул тIабигIат-гIамалги бицун хадуб, ТIадегIанав Аллагьас муъминзабазда абулеб буго: «Ва гьал иман лъурал гIадамал! Нужеца, мунапикъзабазда релълъун, капурзабазулгун гьудуллъи ккоге, муъминзабиги тун. Гьелдалъун нужее бокьунищ бугеб, ва гьал муъминзабиги тун, капурал гьудулзабилъун ккурал гIадамал, БетIергьан Аллагьас баянаб хIужа чIезабизе, нужго мунапикъзабилъун рукIиналъе? Гьелдалъун нужго лъугьине жидее жужахI тIадал мунапикъзабилъун?»

(СагIид-афандиясул рухIияб ирсалдаса)

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...