Аслияб гьумералде

Баракат тIалаб гьаби

Баракат тIалаб гьаби

Баракат тIалаб гьаби

ХIурматиял бусурбаби, цо-цо гIадамаз халкъалда гьоркьобе биччан букIуна Бичасул Аварагасул ﷺ асараздалъун пайда боси, баракат тIалаб гьаби шаргIалда рекъараб жо гьечIин абураб хабар. Гьеб пикру мекъаб букIин чIезабулеб буго хириял асхIабзабаз гьабулеб букIаралъул бицарал хIужабаз. 

 

– Умму ГIатIият абурай сахIабиялъ бицун буго, Бичасул Аварагас ﷺ жиндир яс Зайнаб чурарал руччабахъе кьуна жиндирго тIад ретIунеб жо, ай изар ва гьезда абуна гьалдалъун нужеего баракат тIалаб гьабейин абун. (Муслим, Бухари)

– Лъиего машгьураб хабар буго Бичасул Авараг ﷺ Маккаялдаса гьижра гьабун Мадинаялде вачIунаго Абу Аюбил-ансариясул рокъов гьоболлъухъ вукIараблъи. Хирияв Аварагасе ﷺ гьабун араб кванил нахъе хутIаралда жаниб цIехолаанила жидеца кинаб бакIалдасайин живго Аварагас ﷺ кванараб абун, гьениса квине букIине, баракат тIалаб гьабун. (Муслим)

– Абубакарил Асмаица абун буго, гьаб бугин Бичасул Аварагасул ﷺ жубба, ай халгIат, ГIаишатие къадар щвезегIан гьелъухъ букIанин, гьанже жинца босанин. Нижеца гьеб чурараб лъим хIалтIизабулин унтарал гIадамал сах гьаризе. (Муслим)

– АсхIабзабаз хирияв Аварагасул ﷺ рукIарал тIагIелал нахъе цIуниялъги кьола табарукалъе тарал рукIин. ГIиса бин ТIамгIанидасан бицун буго, Анас-асхIабас къватIире рахъун рачIана цо хьитал. Гьелдаса хадуб дида бицана Сабитул Бананияс гьел рукIанин Бичасул Аварагасул ﷺ хьитал абун. (Бухари)

– Абу Гьурайратидасан бицун буго, ГIаишатица къватIибе бахъанин квасул цо ретIел. Гьелъ абунин гьаб ратIлилъ рухI бахъанин Бичасул Аварагасул ﷺ абун.

– Бухариялда жаниб буго, Абубурдатица абунила, жинда ГIабдуллагь бин Саламица абунин, кьелищин дуе Бичасул Аварагасул ﷺ лъим гьекъолеб букIараб цIарагIалда жанисан гьекъезе абун.

– Сагьлу бину СагIдил букIанила Бичасул Аварагас ﷺ жинда жаниса лъим гьекъараб къадахI, ГIумар ибну ГIабдулгIазизица жиндиего кьезабунила баракаталъе букIине.

Гьалгощинал асхIабзабаз босараб пайда ва баракат Бичасул Аварагасул ﷺ асараздаса нилъеца бегьуларин аби гIакълуялда яги гIелмуялда рекъараб жо гуреблъи лъазе ккела кинавниги чиясда. Аллагьас битIараб нух бичIчIизе тавпикъ кьеги! Амин.

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...