Аслияб гьумералде

ШайтIан нахъе бачахъулеб

ШайтIан нахъе бачахъулеб

Жинде хIажат ккараб гуреб цогидаб калам гьабиялдаса руцIцIун чIей исламалъ беццараб нух буго. Бичасул аварагас ﷺ абун буго: «Аллагьасдаги Къиямасеб къоялдаги божулев чияс лъикIаб хабар бице яги вуцIцIун чIа…», - ян. Жинда жаниб пайда гьечIеб хабар лъикIаб гуреблъун рикIкIуна.

 

ВуцIцIун чIеялъул хIакъалъулъ хирияв Аварагас ﷺ абун буго: «Дуца тIадчIей гьабе халатго вуцIцIун чIеялда. Гьеб ккола шайтIан нахъе бачахъулеблъун ва диналъул ишазе кумек бугеблъунги букIуна», - ян. Нилъер гIемерисел гъалатIал ккола шайтIаналъ мекъи рехиялдалъун. Бокьараб мунагь ккарав чияс абула жив шайтIаналъ гуккун ватанин абун. Гьеле гьеб жо нахъчIвалеблъун вуцIцIун чIей кколин абун буго Бичасул аварагас ﷺ.

Хирияв Аварагасухъе ﷺ цо чи вачIанила, дие васият гьабейин гьарун. Аварагас ﷺ абунила: «ЛъикIалдаса хутIун, цогидалдаса дурго мацI цIуне. Гьелдалъун мун бергьина шайтIаналдаса», - ян.

ГIемер гаргадулев чиясул къваригIел гьечIеб хабар цIикIкIуна. ГIемераб балъголъи жиндаго лъачIого къватIибчIвала. Хирияв Аварагс ﷺ абуна: «МацI цIунарав чиясул Аллагьас гIавратги цIунула», - ян. ГIаврат ккола гьесул кинабниги балъгоябщинаб жо. Цогидазда жиб лъаялдаса нечолев ва гьелдалъун живги къватIив чIвалеб иш.

Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Адамил лъимер радал тIаде бахъингун, киналго лугбаз гIарз бахъула мацIалъул битIараб гуреб хьвадиялдаса. Гьелдаги абула, нижее гIоло мун Аллагьасукьа хIинкъа, нижер къисмат дуда бараблъидал бугеб. Мун битIун хьвадани, нижги ритIула. Мун гьетIани, нижги гьетIула», - ян. Пикру гьабе, бусурбаби, гьал рагIабазул. Халкъалда гьоркьоб кколебщинаб кьалги, чIвай-хъвейгун питнабиги, хIатта улкабазда гьоркьор рагъалцин мацI сабаблъун ккола. Гьединлъидалин Бичасул Аварагасги ﷺ мацIалдехун хитIаб гьабун бугеб, дуда бараб бугин цогидазул хьвада-чIвадиян.

Гьанже суал бугоха кин гьеб цIунун бажарулебин абураб. Гьелъиеги буго цIакъ багъилаб жаваб. Чехь бакъизабуни кIалги чIола, мацIги бухьуна. Амма бокьа-бокьарабги кванан мацI цIунизеян лъугьин буго пайда дагьаб иш.

Нилъеда цере рукIана салафу-свалихIинал, жидеца мацI цIуниялъул рахъалъ цIар бугел. Гьел рукIана чехь бакъизабиялъул кумекалдалъун мацI цIунараллъун. Цоги батIияб нух гьелъие гьечIо. Чорхол сахлъиги жинда бараб, ахираталъул даражаби щвейги жинда хурхинабураб чехь бакъизабиялда тIадчIей гьабизе рекъола щивав чиясе. КIал ккураб заманалда нилъеда щивасда халлъула, вакъун вугеб заманалда, кигIан захIмат букIунебали кIалъазе. ХIатта хIажат бугеб жо абизецин бокьуларого лъугьуна нилъ. Гьелеха унго-унгояб дарман руцIцIунчIей щвезе ккани. Аллагьас кумек гьабеги!

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...