Аслияб гьумералде

Ахирзаман

Ахирзаман

Ахирзаман

ХIурматияб диналъул агьлу. Нилъер гIумруялда гIемер батIи-батIиял лъугьа-бахъинал дандчIвала. РахIаталда ругеб мехги букIуна, пашманго ругеб заманги камуларо.

 

Амма инсанас кидаго тIалаб гьабулеб батула парахалъи, рахIат, эркенлъи. КигIанго нилъее бокьаниги гьединаб мех дунялалда кидаго букIунаро. Гьеб тIалаб гьабиги гIакълуялдаса кколаро. Щайгурелъул букIине къадарго гьечIеб жо балагьи ахIмакъаб пиша кколелъул.

Амма нилъер кколеб жо буго гьеб рахIат кидаго букIунареблъи лъангутIи, гьаб дунял балагь-къварилъиялъул, хIалбихьиялъул рукъ бугин бицаниги нилъее божизе бокьунгутIи, яги гьеб хабаралда божунгутIи. Гьеб гъафлаталдаса нилъ кантIизе, макьидаса рорчIизе рукIине БетIергьанасги гьоркьо-гьоркьоб захIмалъи биччан ракIалде щвезабула гьеб. Гьединаб хIал тIаде бачIиндал нилъ лъугьуна кутакалда рахIатхун, чIвачIвадун, рукIине бакI батуларого, квараб квен эхебе унарого, макьица къо-лъикI гьабун.

Гьеб буго Аллагьас нилъер къисматалде кантIизе гьарураб, цIакъго ахиратгун ахир руссунеб бакI кIоченчIого букIине бугеб лъазаби. Лъиего балъгояб жо гуро ахирзаманалда питнаби гIемерлъиги, рагъ-кьал цIикIкIинги нилъ рорчIулареб иш букIин. Гьеб бакIалда суал баккулеб буго щибха гьабизе кколеб гьединаб заманалдайин абураб.

ТIоцебесеб иргаялда, тавбу гьабизе рекъараб буго. КIиабизе, шаригIат щулаго кквей, ай гIибадат цIикIкIинаби. Зикру-салават, вирдал, Къуръан цIали гIемер гьаби. Халкъалда гьоркьоб унеб къваригIел гьечIеб, пайда дагьаб хабаралде гьоркьоре лъугьунгутIи.

Гьаб ахираб заманалда нилъер рахIат хвезабун буго дунялалда тIад ругел бусурбаби ругеб къварилъи бихьиялъ. Цо бакIазда рагъ-кьал унеб буго, цогидал бакIазда гIадлу-низам биххун, цогидазда ракь багъарун, къварилъиялда руго. Гьединазе гьабизе рес бугел кумеказул цояб буго гьезие рахIму-цIобалъулаб квер бегьи, цогидабин абуни - Аллагьасда гьари гьезда бугеб къварилъи бигьа гьабеян абун. Гьединго, цогидал ресал ругони, гьелги гьаризе бегьула. Амма гьабсагIаталда цогидаб нух бихьулеб гьечIо.

Бусурбанчиясде тIаде кинаб къварилъи бачIаниги гьес цIунизе ккола шаригIаталъул нух. Гьес бугеб ахIвал-хIалалъул киналго рахъал хIисабалдеги росун, шаригIаталъул цIидарабазда лъезе ккола. Исламалъ кинаб рахъ бергьинабуниги гьелда хадувги ине ккола кигIан гьесул гIакълуялда рекъараб гьеб батичIониги. ГIакълуги шаригIатги кидаго гуро цадахъ кколеб. Нилъеда лъикIабин ккараб, амма шаригIаталъ гьукъараб кигIанги буго. Амма хIасил балагьидал, шаригIаталъ малъараб гьабураб кидаго цеб ккола.

Аллагьас киназего сабруги гIибадаталъе къуватги кьеги.

 

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...