Аслияб гьумералде

Учитель къваригIуна

Учитель къваригIуна

ТIадегIанав Аллагьас инсан, гьавураб къоялдаса байбихьун херлъизегIан, цогидасде хIажатавлъун вижана. ГIумрудул байбихьуда, ай гьавидал эбел-инсуде хIажатав вукIуна. Хадуб яслиялда ва школалда учительзабазул ва тарбиячагIазул бербалагьиялда гъоркь вукIуна. Гьез хIаракат бахъула берцинаб тарбия ва лъай кьун, гIумрудул нухде гьев тIовитIизе.

Школа лъугIун хадуб институталде цIализе лъугьиндалги гьенир ругел хIалтIухъабазул бербалагьиялда гъоркь вукIуна. Гьелдалъун абизе бокьараб жо буго киве кканиги инсанасе къваригIунин учитель абун. Учитель гьечIони цебетIей букIунаро. РухIанияб рахъ бацIцIад гьабиялъулъги, ай хIасад, гIужбу, рияъ, ракIхъублъи ва гьелда релълъарал рекIел унтабаздаса инсан вацIцIалъиялъеги гьев хIажалъула рухIанияв тохтурасде. Унтидал тохтурасухъе рекерулелго гIадин, цере рехсарал унтаби сах гьариялъеги, гьелдасаги цIакъ, векеризе мустахIикъав вуго инсан шайихасухъе.

Нилъеда бихьула, авлахъалда жиндие хъулухъ гьабичIеб гъветIалъул пихъги ва хъулухъ гьабураб ахикь бижаралъул пихъги. Авлахъалда бижараб гъотIол пихъалда релълъуна, шайихги гьечIого, живго цIакъав лъугьун камиллъизе яхI бахъулев.

Къуръаналда буго аят (магIна): «Я гьал иман лъурал гIадамал! Нуж хIинкъа Аллагьасдаса гьереси бицун гIузру бачине ва нуж рукIа иманалъулъги бицунеб рагIулъги ритIухъал гIадамалгун цадахъ», - илан. (Сурату «Тавбат», аят 119)

Гьаб аяталъулъ ТIадегIанав Аллагьас нилъ ахIулел руго диналъулъ ритIухъал гIадамалгун цадахъ рукIиналде. Жакъа къоялъ гьелги ккола Аллагьасул вализаби, шайихзаби, гIалимзаби. Аварагас абуна: «ГIалимзаби аварагзабазул ирсилал руго», - ян. (Абу Давуд, Тирмизи) Аварагасул заманалда асхIабзабаз хIаракат бахъулаан кидаго авараггун цадахъ рукIине.

Авараггун цадахъ рукIиналъ гьезулъ дин щулалъулаан, рухIанияб рахъ къуватлъулан ва Аллагьасул рахъалъан нигIматги чвахулаан. Жакъа, авараг нилъеда гьоркьовги гьечIеб мехалъ, хIаракат бахъизе ккола гьесул ирсилазда цадахъ рукIине. Гьелги ккола унго-унгоял гIалимал, гIелмуялда гIамалги рекъарал, хIакъикъиял шайихзаби, тIарикъаталъул муршидал. Гьезул баракат камун нилъ хутIугеги. Амин!

ЖАБИР МАЖИДОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...