Аслияб гьумералде

ГIарцул пикру гьабизе бегьулищ?

ГIарцул пикру гьабизе бегьулищ?

ГIарцул пикру гьабизе бегьулищ?

Инсанасул рекIелъе гIемерал пикраби рачIуна. Ризкъиялъул пикрабазги толаро инсан цо хIалалда. Кисадай боцIи щвелебин абун вукIуна. Нилъеда лъазе ккола ризкъи тIалаб гьабизе гьукъун гьечIеблъи. Бечедав чиясдаги кIола гIадамазе ва диналъе кумек гьабизе. Кинниги лъазе ккола цебе щиб гьабизе кколебали.

 

Гьединал пикрабаз ТIадегIанав Аллагьасде ﷻ гIагарлъизе толаро. Щайин абуни, гьеб нафсияб, нилъее бокьун бижараб пикру букIиналъ. Гьелъ рекIее асар гьабичIого хутIуларо. Гьединлъидалин нилъеда лъазе кколеб щиб цебе гьабизе кколебали. Цин ризкъиялъул ургъелги гьабун, хадуб гурони Аллагь ﷻ ракIалде щоларесул мурад, гьелдаго релълъараб букIуна.

ГIалимзабаз абуна, ризкъиялъул пикру гьабиялдаса ракI сах-саламатго букIин кколин Аллагьасдасан ﷻ бугеб рахIмат ва нигIмат абун. Гьелдаса хвасарлъуларо ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цIунарав чи гурони.

Нилъеда лъазе ккола БетIергьанас щибаб рухIалъе ризкъи бихьизабун бугеблъи. Кида-къадги нилъее бихьизабураб ризкъи щвечIого нилъ хутIуларо. Аллагьас ﷻ нилъ рижана ризкъиялдеги ва гьеб гуреб цогидаб жоялдеги хIажаталлъун. Гьезде мугъчIвазе ва гьезие лагълъи гьабизе рижичIо. Аллагьас ﷻ нилъ рижана гьел жалазде хIажаталлъун, ай Аллагь ﷻ нилъеда лъазелъун, Гьесде гIагарлъизелъун. Къуръаналда ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абуна: «Я иман лъурал гIадамал! Нуж руго Аллагьасде хIажаталлъун, Аллагь вуго Бечедав ва Жиндие рецц гьабулев», - ян (сура «ФатIир», аят 15).

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ нилъ ризкъиялде хIажаталлъун гьаруна, Гьесде гIагарлъизе рукIинелъун. Кинабниги бечелъи бижулевги кьолевги ТIадегIанав Аллагь ﷻ гурони гьечIелъулха.

Абула нафс лъарав чиясда Аллагьги лъалин абун. Щибха гьелъул магIна? Гьелъул магIна буго нафсалъул хIажалъи букIин, гьелъул гIодобегIанлъи лъани, Аллагьги ﷻ лъалин Гьесул ТIадегIанал сипатаздалъунин абураб.

 

Шамил МухIаммадов

 

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...