Аслияб гьумералде

БакI теларо

БакI теларо

Нилъер гIумруялъулъ рукIуна гIадатияллъун рихьулел, амма Аллагьасда цебе кIудияб кIвар бугел жал. Гьединал, кIочон тарал суннатазул цояб ккола как балеб мехалда мухъал ритIизари. ГIемерисез гьеб кIвар кьечIого тола, гьеб битIахъего нилъер какил даражаялда ва гIадамазда гьоркьоб бугеб цолъиялда хурхараб букIаниги.

 

Аварагас ﷺ абуна: «Нужерго мухъал ритIизаре. Гьеб ккола камилаб какил гIаламатаздасан цояб», - абун (Бухари, Муслим). Гьелъул магIна ккола кьерал ритIун ругеб мехалъ как камилаблъун ва къабулаблъун лъугьунин абураб.

АсхIабзабаз Аварагасул ﷺ гьел рагIаби цIакъ кIвар кьун къабул гьаруна. Жиндаса Аллагь разилъаяв Анас ибн Маликида гьикъидал Авараг ﷺ чIаго вукIараб заманалда дандеккун гьанже щиб хисун бугебин абун, гьес жаваб кьуна: «Дида щибго гIайиб бихьуларо, нужеца какилъ кьерал ритIизарунгутIи гурони», - ян (Бухари). Халгьабе, доб мехалъги гьеб рикIкIунаан диналъул кIвар бугеб бутIалъун.

Аварагас ﷺ баян гьабуна щай гьеб гьедигIан кIвар бугебалиги. Аллагь разилъаяв ал-Бараъ ибн ГIазибица бицана:

«Бичасул Авараг ﷺ байбихьудаса ахиралде щвезегIан кьеразда гьоркьов хьвадулаан, нижер каранда ва гъажалда тIад кверги лъун абулаан: «РатIалъуге, нужер ракIал цоцадаса рикIкIалъизе гурин», - абун. (Абу Давуд)

ГIемерисез как балеб мехалда кьеразул кIвар гьабуларо: рикьа-риххун гьоркьорлъаби тола, мухъал ритIизаризе хIаракат бахъуларо. Гьеб ккола Аварагасул ﷺ кIвар бугеб суннат. Кьерал ритIизариялъ нилъеда малъула къватIиса гуребги, жанибги - нилъер рекIелъ ва хьвада-чIвадиялда низам ва берцинлъи гьабизе. Гьелъ ракIалде щвезабула бусурбанчиясул гIумруялъулъ сундулъго гIадлу-низам букIине кколеблъи, хасго гIибадаталъулъ.

Гьединго Аварагас ﷺ кантIизарун абуна: «Нужеца ялъуни мухъал ритIизаре ялъуни Аллагьас ﷻ нужер гьурмал рикьизарила», - ян.  (Бухари, Муслим)

Гьелъул магIна ккола гьединаб гIадатияблъун бихьулеб масъала кIвар кьечIого теялъ гIадамазда гьоркьоб цолъи гьечIолъиялде рачине бегьулин абураб. Какилъ гIадлу гьечIеб мехалъ, гьелъ асар гьабула бусурбабазул ракIазеги гьоркьорлъабазеги. Гьединлъидал какилъ мухъал ритIизариялъулъ цIодорго рукIине ккола.

Гьединго Аварагас ﷺ нилъ малаикзабазда релълъинарун абуна: «Малаикзаби жидерго БетIергьанасда цере кьерда чIолел гIадин щай нужги, кьерал гьарун, чIоларел? Гьел, тIоцересел кьералги цIезарун, мухъал ритIизарун чIола», - ян (ибну Мажагь).

Гьеб хIадисалъ баян гьабуна как балеб мехалда нилъеца хIаракат бахъизе ккей низам ва гIадлу цIунизе. Живго Аварагас ﷺ кантIизаруна кьерда чIобого хутIараб бакIалде шайтIан лъугьине рес букIин.

ЖамагIат-какалъул байбихьиго кьер битIизаби бугелъул, рачIа Аврагасул ﷺ суннат цIунун, шайтIаналъе бакIал теларин.

 

Жабир Мажидов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...