Аслияб гьумералде

Салаваталъул хиралъи

Салаваталъул хиралъи

Нилъеца гIемер рехсола хирияв аварагасул ﷺ цIар. Гьеб рагIарав чиясе суннатаб буго салават цIализеги. Ратизе бегьула гьелъул кIвар гьабуларел чагIи. Аварагас ﷺ абуна жиндир цIар рагIун хадуб салават битIичIев къарумав чи кколин абун. Салават цIалиялда жаниб инсанасе цIакъ гIемерал пайдаби руго. Гьелъ хатIаби рацIцIуна ва даража борхизабула. Абула шайих гьечIеб бакIалде ккани, салаваталъ гIей гьабулин абун. 

 

Аллагьас ﷻ Къуръаналда амру гьабуна аварагасде ﷺ салават битIеян. Гьеб битIулев чиясе ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ разилъи ва рахIмат щола. Гьесул ццим бахъиналдаса цIунула ва ГIаршалъул рагIдукьги чIезе щола.

Салаваталъ къиямасеб къоялъ чиясул лъикIаб рахъалъул цIадираби цIикIкIинарула, ХIавзалде ине щола. Салаваталъ боцIи-малалда баракат лъезабула ва гьеб цIикIкIинабула. Гьеб гIибадат ккола ва ТIадегIанав Аллагьасе ﷻ бищун бокьулеб гIамалаздасанги буго. 

Лъица бугониги аварагасде ﷺ салават цIалулебгIан заманалда жаниб, малаикзабаз гьесдасанги салават цIалула, ай сах-саламалъи гьарула.

Пакъирлъи-мискинлъи инабула. Салават цIалулев чи Аллагьасдаги ﷻ аварагасдаги ﷺ аскIове гIагарлъула. Гьеб нурлъун чIола хабалъ, махIашаралдагун сиратIалда. Салаваталъ нилъер нифакъги бацIцIад гьабула. Авараг ﷺ макьилъ вихьула гIемер гьеб цIалулесда. 

Фасий абурав гIалимчияс «ШархIу Далаил» тIехьалда хъван буго: «Аллагьасде ﷻ гIагарлъизе бокьарав чиясе бищун кIвар бугеб жолъун ккола салават цIали», - ян.

Салават цIалулесе анцIго даража ва анцIго лъикIлъи хъвала, анцIго квешлъи бацIцIуна. Ургъел ккарасе салаваталъ гIей гьабула. Хвелалде цебе салават цIалулесда рохел бицуна дуе алжан бугин абун.

Салават сабаблъун ккола къиямасеб къоялъул ургъел нахъе босиялъе. Салаваталъул жеги гIемерал хиралъаби руго ва гьелда тIадчIей гьабурасе гIемераб хайир-пайдаги щвела.

Аварагасул ﷺ шафагIат камун нилъ хутIугеги. 

 

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...