Аслияб гьумералде

Хасалил цIорой

Хасалил цIорой

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ бижун буго батIи-батIияб заман, ай щибалъулъ жиндирго хаслъабиги лъун. Масала, риидал – багIари, хасало – квачай, ихдал – гьогьоми, хаслихълъи – цIадал. Амма руго бакIал кидаго жиделъ хинлъун букIунебги ва руго гьединго тIубараб лъагIалица квач букIунебги. Аллагьасе ﷻ рецц, нилъеца гIумру гьабулеб бугеб бакIалда гьел заманабазул щибаб бихьула.

Аварагасул ﷺ хIадисазда буго гIазу ялъуни цIад балеб мехалда, щибаб къатIраялда цадахъ, рахIматалъул малаикзаби рещтIунин абураб. ЦIад ва гIазу балеб мехалда лъикIаб буго гьаб дугIа гьабизе: «Я, дир Аллагь, гIазудалъун, цIадалдалъун ва гороялдалъун дир мунагьал чуре», - ян. (Бухари)

Хасалил квачалъ жужахI ракIалде щвезабула. БагIари гуребги, жужахIалда бугелъулха кутакаб квачайги. Гьелда цIарги «Замгьарир» буго. Хасало квач кутаклъараб мех ккола жужахIалъ ракьалде биччараб хIухьел.  Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «Аллагьасде ﷻ зигардун жужахIалъ абула: «Я Аллагь, дун дицаго кIкIунеб буго», - ян. Цинги Аллагьас ﷻ жужахIалъе изну кьола щибаб санайил кIиго нухалъ хIухьел биччазе: риидал ва хасало. Риидал халлъулеб кутакаб багIариги, хасало халлъулеб кутакаб цIоройги гьелъул хIухьелал руго», - ян.

Хасало квачайдал нилъеца абула цIакъго цIорон бугилан. Амма гьеб цIорой гьадингосеб жо буго жужахIалда букIунеб квачалде дандеккун.

Ибну ГIаббасица абуна: «ЖужахIалъул агьлуялъ гьаризе буго багIариялдаса хвасарлъи. Гьезие кумекалъе битIизе буго цIорораб гьури. Гьелъул цIороялъул кутакалъ рукьби рекизе руго. Цинги жужахIалъул агьлуялъ цIидасан бухIи гьаризе буго», - ян.

ЖужахIалъуб Замгьарир абураб кIкIал буго. Гьениб кутакаб цIорой букIуна. Гьединлъидал дугIадулъ жужахIалъул цIаялдаса гуребги, цIороялдасаги цIунеян гьаризе лъикIаб буго. ЦIорораб къоялъ лагъас абизе лъикIаб буго: «Ля илягьа илля Ллагь, ма ашадда барда гьазаль явм, Аллагьумма ажирни мин замгьарири Жагьаннама», - абун. МагIна: «Жиндие лагълъи гьабизе кколеб щибго жо гьечIо вати тIадав цохIо Аллагь ﷻ гурони. Гьаб къоялъул цIороялъул кутаклъиго щиб. Я дир Аллагь, Дуца дун цIуне жужахIалъул Замгьариралдаса», - ян. Гьеб мехалда Аллагьас ﷻ жужахIалда абула: «Дир цо лагъас дур Замгьариралдаса цIуни гьарана (гьелъул цIороялдаса). Дица дуе нугIлъи гьабулеб буго Дица гьев жужахIалдаса тархъанин абун», - ян.

 

Жабир Мажидов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...