Аслияб гьумералде

Кин цIуни гьабилеб?

Кин цIуни гьабилеб?

Адамил лъимер битIараб нухдаса къосинабизе, квешаб гIамал гьабизе гьесизабизе кидаго хIаракат бахъула иблисалъ. Гьелдаса цIунизе инсанасе бищун кумек гьабула Аллагьасдаса ﷻ кумек тIалаб гьабиялъ. Гьедин гьабейин Къуръаналда абулебги буго (магIна): «…рахIматалдаса бачахъараб шайтIаналдаса Аллагьасдалъун ﷻ цIуни гьаре. Аллагьасда ﷻ иманги лъурал, Гьесде таваккалги тIамулел чагIазда тIад гьелъие (шайтIаналъе) нух гьечIо», - ян.

Васвасги буго шайтIан-иблисалъ бусурбанчи гIибадат гьабиялдаса нахъчIван рекIелъе рехулеб, гьезул хIиллабазул цояблъун кколеб. Васвасги шайтIаналъ батIибатIиял нухаздалъун хIалтIизабула. Хурасан абулеб бакIалдаса цо мутагIил ун вуго гIелму тIалаб гьабун ГIиракъалде. БатIи-батIиял чагIазухъе хьвадун, гьес лъазабун буго аварагасул ﷺ ункъазаргогIанасеб хIадис.

Рокъове тIадвуссине хиялги ккун, изну гьарун щведал, мугIалимас абун буго: «Дица дуда малъилищ цо къагIида, гьаниб лъаралдасаги дуе лъикIаб?» - ин. Малъейилан мутагIилас абидал, мугIалимас гьикъун буго: «Нужер ракьалда иблис букIунищ?» - абун.

БукIунин мутагIилас жаваб гьабидал, нахъеги гьикъун буго мугIалимас: «Гьелъ васвас ккезабулищ нужелъ», - ан. Гьабулин абидал, щибха нужеца гьелда гьабулебин гьикъун буго мугIалимас. «Нижеца гьелъ рекIелъе рехараб васвас нахъе хъамула», - ян жаваб гьабун буго мутагIилас. «КIиабизеги бачIани, щибха гьабулеб?» - ан гьикъула мугIалимас. Гьелъие жаваб гьабунги мутагIилас абула: «Гьеб мехалъги хъамулаха», - ян.

Цинги мугIалимас гьесда малъула: «Аллагьасул ﷻ гьеб тушманалъ зарал гьабун, нуж гIибадаталдаса машгъул гьарун, ракIалде васвас рехараб мехалъ, гьеб нахъе хъамиялде машгъуллъуге. Нуж рукIа гьеб малгIунгун цадахъ, квешаб гьвегун цадахъ вугев вехьасда аскIор ругел гIадин».

Щайин абуни, вехьасдаса кумекги тIалаб гьабичIого, квешаб гьой нахъчIван, гьелдаса цIуни гьабизе чи лъугьани, щиб букIунеб? Чиясда хIанчIун, гьесда кIал кьабун гурони чIеларин, бортанхъулеб гьойги букIина. ХъатIикье щвараб гьелде хьвагIун, гьеб бачахъизе ва чIвазе бокьун, амма къуват гIоларого гьевги вукIина.

ГIакъилав чияс гьедин гьабуларо. Гьелъул гIаксалда, бугелъуб гьойги тун, вехьасда аскIов чIола, гьой тIаде бачIунеб бугони, гьеб нахъе хъамизе гьесдаса кумекги тIалаб гьабула. Вехьасда ругьунаб гьвеги гьес цо гьаракь гьабидал нахъе къала.

Гьелъухъего, мугIалимас малъулеб буго шайтIан-иблисалъ васвас рехун гIамал гьабизе толарого вугеб мехалда гьеб нахъе хъамиялде машгъуллъичIого, цIунизе гьабизе Аллагьасухъе ﷻ кIанцIеян. БетIергьанас ﷻ цIунаги хIилла-макруяб шайтIан-иблисалдаса!

Амин!

МУХIАММАДГIАРИФ КЪУРБАНОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....