Аслияб гьумералде

Берцинал рагIаби

Берцинал рагIаби

Берцинал рагIаби

ХIасанул Басриясдасан бицун буго, гьес абунин: «ГIелму буго кIиго тайпаялъул. Цо буго рекIелъ бугеб, гьеб буго пайда кьолебги. Цоги гIелму буго мацIалда жиб бугеб, гьеб буго Адамил лъимада тIад Аллагьасул хIужа.

 

Гьезул тIоцебеселде гIалимзабаз абула батIинияб гIелмуйин, кIиабилелде - загьириябин. Кинниги батIинияб гIелмуялдасаги щибго жо хIакълъуларо, загьир лъикI гьабун хадуб гурони. БатIин лъикIлъун гурого загьирияб гIелму тIубалареблъун бугебго гIадин.

Гьелъие гIоло абураб буго имам Маликица: «Тасаввуфги лъазабичIого фикъгьи лъазабурав чи вуго фасикъчи. Фикъгьиги лъазабичIого тасаввуф лъазабуравги бидгIачи вуго. Гьеб кIиябго данде гьабурав абуни хIакъалда вугев вуго», - ян.

Гьел рагIабазе баян кьолаго Рамазан БутIияс абун буго: «Фикъгьи буго гIакълуялъе квен. Тасаввуф буго ракIбацIалъиялде нух, гьебги буго рекIее квен. Камилаб ислам букIуна чиясда жинда тIадал хIукъукъал лъалеб мехалъ ва гьабулеб гIамалалъулъ ракIбацIалъи гIицIаб Аллагьасе ﷻ гIололъун бугеб мехалда…», - абун.

Имам ШафигIияс абун буго: «Дица суфизабаздехун гьалмагълъи гьабуна гьездасан дица лъабго калимаялъулъ гурони пайда босичIо. Гьезул рагIаби: заман буго хвалчен, дуца гьеб къотIичIони гьелъ мун къотIула. Дур напс, дуца гьеб хIакъаб жоялдалъун машгъул гьабичIони гьелъ мун батIулаб жоялда машгъул гьавула (духъ дунялалъул магIишат-яшав, боцIи-мал) батунгутIи – цIуни буго», - ян.

Жеги гьес абун буго: «Гьаб дунялалдаса дие бокьизабуна лъабго жо: захIмалъизаби тей, цогидаздехун берцинаб тIабигIаталдалъун гIумру гьаби, тасаввуф агьлуялъул нухда нахъвилълъин», - абун.

АхIмад ибну ХIанбалица жиндир васасде абулеб букIун буго: «Я дир вас! Дуца тIадчIей гьабе хIадис лъазабиялда, цIуниги гьабе суфизабийин абун жидедаго цIар тараздехун гIодовчIей гьабиялдаса. Цо-цо мехалъ гьезул цо-цоял рукIуна жидер диналъул ахIкамалгицин лъаларого», - йин. Суфияв Абу-ХIамзат ал-Багъдадиясдехун гьалмагълъи гьабун гьезул хIал лъайдал АхIмадица васасда абуна: «Я дир вас! Дуца тIадчIей гьабе гьаб къавмалдехун гIодовчIей гьабиялда. Гьел нилъедаса цере ккарал руго гIелмуялъ, Аллагь ﷻ лъаялде щвеялъ, Гьесдаса ﷻ хIинкъиялъ, дунял рехун теялъ ва цогидаб гьабулеб ишалдехун жиделъ бугеб тIадегIанаб кIваралъ», - ян.

Суфизабазул хIакъалъулъ имам АхIмадица абунин Ибрагьим ибну ГIабдуллагь ал-Къаланисияс бицун буго: «Гьездаса хирияб къавм дида лъаларо», - ян.

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


ГIажаибаб мугIжизат

Къуръан ккола жибго бищун кIудияб мугIжизат. Ва щибаб нухалъ гьеб лъазабидал гIажаиблъизеги гьарула. Гьелда жаниб географиялъулги хIикматал руго.   Аллагьас ﷻ Къуръаналда абуна: وَهُوَ الَّذِي خَلَقَ اللَّيْلَ وَالنَّهَارَ وَالشَّمْسَ وَالْقَمَرَ كُلٌّ فِي فَلَكٍ يَسْبَحُون   МагIна:...


Къинал руччабазе малъа-хъваял

Лъимер гьабизе йигеб заман буго цIакъ кIвар бугеб гIуж. Гьеб заманалда, хасго чIужугIаданалъ, жиндирго сахлъи ва рацIцIалъи, кванил ва цогидалъулги низам цIунизе ккола. Гьединго халкквезе ккола тIад ретIунеб ратIлида хадубги. Лъимер ва жийго квачалдаса цIунизе ккола, тIадкъараб ретIел, угъдул...


Берцинлъи гьаби

Инсанас ретIулеб ретIелги берцинлъиялъе хIалтIизе гьарулел жалги хIалалал рукIуна, гIаммаб куцалда босани. Кинниги гьезда гъорлъ руго хIалтIизаризеги ва гьездалъун къачIадизеги бегьуларел жалги.   Гьел киналго хIалтIизаризе бегьулел жал руго Аллагьас нилъее дунялалда ругебгIан заманалъ...


Фарукъ абураб цIар щвей

Жинда Аллагь разилъаяв ГIумар-асхIаб исламалде вачIун хадуб, бусурбабазда бугеб хIал бихьун гьесул ракI хIалхьун букIинчIо. Бусурбабаз ислам боси балъго гьабулеб букIараб заманалда ГIумар-асхIаб Аварагасухъе ﷺ вачIана ва абуна: «Я, Бичасул Авараг ﷺ, нилъ битIараб нухда гьечIищ, хваниги чIаго...


Цоцазе мисал

Нилъер хъизам букIине ккола сахлъи бугеб щулияб жамгIияб гIуцIилъун. Рокъоб гIадлу гьечIони, хъизан-лъималаз гIумру гьабизе гьечIо исламалда рекъон, бажаризе гьечIо гьел лъикIал бусурбабилъун лъугьинарун.   Аслияб масъала буго Аварагасул ﷺ уммат гьоркьоса къотIичIого цIикIкIунеб хIал...