Аслияб гьумералде

Салават битIи

Салават битIи

Салават битIи ккола Аварагасде ﷺ рокьи загьир гьаби ва Аллагьасул ﷻ амруялъе нилъ мукIурлъи. ГурхIел-рахIму ккола Аллагьас инсанияталде гьев ﷺ витIиги. Гьединлъидал салават битIиялдалъун инсанас Аллагьасе ﷻ рецц гьабула гьеб сайгъаталъухъ. Цо гIалимчияс абуна: «Салават ккола лагъас Аварагасе ﷺ магъало кьей ва Аллагьас ﷻ нилъехъе гьесдалъун ﷺ рещтIараб рахIматалъухъ щукру гьабизе кIолеб бищун дагьаб къадар», - ян.

 

Пуланав чиясда жиндиего хирияв чи ракIалде щола, гьесие дугIа гьабула. Авараг ﷺ гIемер рехсолел, гьесул тIадегIанал хасиятазул пикру гьабулел, гьесдаса мисал босулел чагIазул, гьесдехун бугеб рокьи щулалъула ва даимаблъун лъугьуна. Гьелъул гIаксалда, Авараг ﷺ рехсезе кIочон тараб мехалъ, дагь-дагьккун гьезул рокьи загIиплъула. Гьедин салават лъугьуна гIицIго дугIа гуребги, рокьул ва ритIухълъиялъул чIагояб мисаллъунги.

ХIисаб гьабе, нилъеца битIараб щибаб салават Аварагасда ﷺ бихьизабула ва къойида жаниб чан нухалъ салават ва салам кьолебали хъвай-хъвагIай гьабула. Аварагасулгун ﷺ дандчIвай Къиямасеб къоялъ кинабха букIинеб, нилъеца гьесде щибаб къойил салаватги битIулеб бугони ва гьесда щибаб къойил нилъер салават бихьулебги бугони?

Аварагасул ﷺ кьучIаб хIадисалда буго: «Маккаялда буго цо гамачI, дун цевесан уневщинахъе дие салам кьолеб», - ян. ГанчIица битIараб салаватцин Аварагасда ﷺ кIочонареб мехалда, нилъеца битIараб киданиги кIоченищ?

Салават тIадаб буго какилъ, рузман къоялъул хутIбаялъулъ, жаназалъул какил кIиабилеб такбиралдаса хадуб, гьединго, гIемерал бакIазда ва ахIвал-хIалазда. Цо-цо гIалимзабаз рикIкIуна салават цIализе бегьулин бокьараб хIалалда рукIаго. Гьеб цIакъго лъикIаблъун букIуна, масала, мажлис-мавлидазда.

Абула Аллагьги ﷻ рехсолеб, Аварагасде ﷺ салаватги битIулеб мажлисалда баракат букIунин, салават битIулареб мажлис Къиямасеб къоялъ гIайиб чIвалеблъун букIунин абун. Гьединго Аварагас ﷺ абуна: «Бищунго къарумав чи вуго дир цIар рехсараб мехалъ диде салават битIичIев», - ян.

Аварагас ﷺ гьаб дунял таниги, гьесул канлъиги мисалги муъминзабазул рекIелъ букIуна, хасго салават битIулебщинахъе: «Аллагьумму салли ва саллим гIала набийина МухIаммад».

 

Жабир Мажидов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...